КІахет (гуржи: კახეთი [kʼɑxɛtʰi]) — Гуржистаналъул бакъбаккуда бугеб икълим (мхаре), жибги 1990-л соназ КІахеталъул тарихияб вилаяталдаса ва гьитІинаб мугІрузул вилаят Тушетиялдаса гІуцІараб. Гьелъул тахшагьарлъун буго Телави. Икълималъ гъорлъе бачуна микьго административияб муниципалитет: Телави, Гурджаани, Къурели, Сагареджо, ДедоплисцІкъаро, Сигънагъи, Лагадухъ ва ХІамитІа. КІахеталъул г1урхъи буго Россиялъул Федерациялъул хьунда Чачангун, хьундагин бакъбаккуда Дагъистангун (тарихияб Аваристан), бакъдагин бакъбаккуда Азарбижангун, ва гьединго Мцхета-Мтианетигун ва Квемо Картлигун бакътІерхьуда. КІахеталъул буго цІикІкІараб лингвистикиябги маданиябги идентитлъи: гьелъул этнографияб гъоркькъокъа — кІахетиял — кІалъала гуржи мацІалъул кІахетиязулаб сверелалда.
Давид Гареджил монастерияб комплексалъул бутІа буго гьеб икълималда ва ккола гуржи ва къажар хІукуматазда гьоркьоб гІурхъадулаб дагІбадул субъектлъун.[1] КІахетиялъул машгьурал туризмалъул бакІазде гъорлІе ккола Тушети, Греми, Сигънагъи, КІветІера, Бодбе, Лагадухъ цІунарал районал ва Алверди монастер. КІахетиялъул чІагІдал регион буго Гуржиялда чІагІдал продукция цебе бачунжолъун. Регионалъ чІагІа бахъула Телави ва Къурели микро-регионазда.
Гьанжесеб административияб къагІидаялъ мухъазде гуребги, КІахет традиционалго бикьула ункъго бутІаялде: Жанисеб КІахети (შიდა კახეთი, Шида Кахети) Цив-Гомбори баладаса бакъбаккудехун Алазан гІоралъул кваранаб рагІал ккун эхебе; КъватІисеб КІахети (გარე კახეთი, Гаре Кахети) — Къарби гІоралъул хІавузалъул бакьулІбакІккун эхебе; Кизикъи (ქიზიყი) — Алазаналдаги Къарби гІоралдаги гьоркьоб, Гагъма (გაღმა მხარი, Гагъма Мхари) Алазаналъул квегІаб рагІалда. Гьенибго гъорлІе ккола гьоркьобгІасрулъиялъул Гьерети икълималъул бутІаги.
КІахеталъул кІудияб бутІаялда климат буго субтропикияб. Алазаналъул расалъиялъул климат релълъараб буго Италиял Альпазул аххакь букІунелда. Январалъул гьоркьохъеб температура гьениб букІуна гІ.-ш. 1 °С, июлалда — 23-24 °С. ГІазу-цІадалъул къадар дагьлъула шиалиябгин бакътІерхьудаса жанубиябгин бакъваккуде, ХІамитІа сверухълъиялда лъагІалил къадар 900-ялдаса цІикІкІун мм, Гремиялда — 700 мм, Гурджааниса бакъбаккудехун — 600-са дагь мм. Алазаналъул расалъи ва Гомбор балалъул шималиял парсал руго цІибил гІезабиялъе рекъарал бакІал — гьенибин бугеб Гуржистаналъуо аслияб чІагІа бахъулеб центр. Къарби тІалъиялда буго бакъвараб авлахъул климат, рекъахъе квачараб хаселгун ва багІарараб риигун. Июлалъул гьоркьохъел температураби гІ.-ш. 25 °С, январалъул — гІ.-ш. 0 °С. Ширак авлахъалда ва Къарби тІалъиялъул жаниблъиязда хасел букІуна дагьабги квачараб — январалъул гьоркьохъеб температура гІ.-ш. −3 °С, гІазу-цІадалъул къадар 500-са дагь мм лъагІалида жаниб. КІахетиялъул жанубиябгин бакътІерхьул рагІалда, Давид Гареджил монастералда аскІоса гІебеде климат буго бащдасалулавлахъулаб 400-са дагь мм гІазу-цІадалъул къадаргун. Къарби тІалъи буго Гуржистаналъул тІорщалил нахъарукълъун. ТІалъиялъул гІатІидаб бакІ хІалтІизабула хасалил мегІер-гІалах гІадин.
Гьанжесев КІахети вилаят буго лъабго тарихияб гуржи вилаяталъул (КІахети, Кухети ва Гардабани) территориялда. «Картлс Цховреба» тариххъваялда рекъон, киналниги гуржиязул этнарха Картлосил букІун буго щуго лъимер, гьезда гьоркьор КІахет, Кухет и Гардабан.
Н. щ. III гІасруялда Фарнаваз пачаяс кьучІ лъураб микьго эриставлъиялда гьоркьоб букІана КІахетиялъул эриставлъиги. Цолъараб эриставлъиялъул тахшагьарлъун лІугьана хъала Уджарма, Аспагур пачаяс жиндие кьучІ лъураб. Цебесеб гьоркьобгІасрулъиялда КІахеталъул марказ бахъана Къарбиялъул расалъиялде жанибегІан шималияб рахъалде, цин Герми шагьаралде, хадуб Телавуралде. КІахети бачана цолъараб Гуржи пачалихъалде гъорлІе XI гІасруялъул байбихьуда, амма анцІсонида жаниб гьеб батІалъана. XII гІсруялда гуржиязул пача Давидица (гІ.-ш.1089-1125 КІахети тІубан гъорлІе бачана Гуржи пачалъиялде.
1460-л соназ Цолъараб Гуржи пачалихъ биххун хадуб КІахети лІугьана цияда бачІеб пачалъилъун. XVI гІасруялдаса байбихьун XIX гІасруялъул байбихьуде щвезегІан КІахетиги гьелда мадугьалихъаб Картлиги зама-заманалда букІана Ираналъул кверщаликь. 1616 соналъ шагь ГІаббасица КІахеталъул этникиял гуржиязул нус-нус азар чи депортинавуна Ираналде ва щущахъ бана икълим I Теймуразиде данде гьабураб кампаниялда.
1762 соналъ ГьерекІлил заманалда КІахетиялъул пачалъи цолъизабуна Картлигун. Гергияб трактаталдаса ва Туплис Агъа МухІамад-ханас талавур гьабин хадуб Картли-КІахети пачалъи ккана Россиялъул империялъул кверщаликье; КІахетиялда ва хутІараб Гуржистаналда тІад Россиялъул сюзиренитет рикІкІана Къажар Ираналъ1813 соналъ хъвараб Гулистаналъул къотІи-къаялда.[2]
1918—1921 соназда КІахети букІана чиядабачІеб Гуржистаналъул Демократияб Жумгьурияталда гъорлІ, 1922—1936 соназ Нахъакавказалъул ССР-алда, 1936—1991 соназ Гуржи ССР-алда гъорлІ. 1991 соналъ Гуржистаналъе чиядабачІолъи щваралдаса нахъе КІахети буго Гуржистаналъул Жумгьурияталъул икълимлъун.
КІахети икълималда тІураязул хІакимлъиялъул бетІерлъун ккола Гуржистаналъул Президентасул Пачалихъияв Вакил. Гьесул функциял руго икълималда къанун билІинаби щулалъиялъул координация, сурсатазул мобилизация, икълималъул кинабниги территориялда жамгІиял программаби гІуцІи ва рилІинари, инсанасул ихтиярал цІуни ва ц.
Административияб рахъалъ вилаят гІуцІун буго микьго муниципалитеталдаса (2006 соналде щвезегІан рукІана мухъал). 2016—2017 соназ Телави шагьар бащад гьабуна муниципалитеталде.
Муниципалитет | ГІатІилъи,
км² |
Халкъ
2002[3], чи |
Халкъ
2014[4], чи |
Халкъ
2018[5], чи |
Марказ |
---|---|---|---|---|---|
ХІамитІа | 2207 | 41 641 | 31 461 | 30 193 | ХІамитІа ш. |
Гурджани | 846 | 72 618 | 54 337 | 53 104 | Гурджаани ш. |
ДедоплисцІкъаро | 2529 | 30 811 | 21 221 | 21 069 | ДедоплисцІкъаро ш. |
Къурели | 1001 | 37 658 | 29 827 | 30 275 | Къурели ш. |
Лагадухъ | 890 | 51 066 | 41 678 | 41 402 | Лагодухъ ш. |
Сагареджо | 1491 | 59 212 | 51 761 | 52 251 | Сагареджо ш. |
Сигънагъи | 1252 | 43 587 | 29 948 | 29 724 | Сигънагъи ш. |
Телави[6] | 1095 | 70 589 | 58 350 | 56 663 | Телави ш. |
вилаят, киналниги | 11 310 | 407 182 | 318 583 | 314 681 | Телави |
Картаялъул легенда:
Административияб марказ, 20 100 чи. | |
10 000-15 000 чи | |
5000-10 000 чи. | |
2000- 5000 чи. | |
1000-2000 чи. |
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалеб этн
-лъе текст бихьизабун гьечІо{{cite web}}
: Unknown parameter |deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help); Unknown parameter |subtitle=
ignored (help)
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалеб оценка
-лъе текст бихьизабун гьечІо