Сигънагъи

Сигъна́гъи (гуржи: სიღნაღი) — Гуржистаналъул бакъбаккуда бугеб гьитӀинаб шагьар. КӀахети вилаяталде гъорлӀе кколеб Сигънагъи муниципалитеталъул административияб марказ.

Кизики абулеб тарихиябгин географияб вилаяталъул марказ. Шагьар буго мугӀрул парсалда, кьерзабахъ, гьетӀ-гьетӀарал къватӀаз хурхинарурал.

Гьиинаб шагьар букӀаниги[1], Гуржистаналъул чӀагӀа бахъулеб регионалъул бакьулӀ букӀиналъги, берци-берцинал пейзажал, мина-картал, чӀчӀедерал гамачӀ ккурал къватӀал рукӀиналъги Сигънагъи гьабула популярияб туристикияб рахълъун

ГӀодобе балагьараб гохӀда бугеб Сигънагъи рагьула Алазаналъул расалъиялде, гьениса рихьула КӀудияб Кавказалъул мугӀрулги.

Шагьаралъул цӀар бачӀун буго рукӀел, хандакъ–илан магӀна бугеб некӀсияб тюрк сигъинак (тур. sığınak, падар. sığınacaq) абураб рагӀудаса.[2]

Сигънагъи бугеб вилаяталде тӀоцере гӀадамал рачӀана палеолиталда. Кинабниги тарихалда жаниб, Сигънагъи вилаят гьенир рукӀарал гӀадамазда лъалеб буго Камбечовани яги Кисики цӀаралда гъоркь. ГӀумру гьабулеб бакӀ хӏисабалда Сигънагъи тӀоцебе рехсон буго XVIII гӀасруялда. 1762 соналъ II ГьерекӀлица Сигънагъиялда бана хъала территория аваразул чабхъеназдаса цӀунизе.

1770 соналъул халкъалъул къадар хъваялда рекъон, Сигънагъи гӀумру гьабун букӀун буго 100 хъизан, аслияб къагӀидаялъ базаргаби ва устарзаби. Гуржистан 1801 соналда Россиялъул империялъул кверщаликье ккедал, Сигънагъиялъе расмияб хӀалалъ кьуна шагьаралъул статус ва 1802 соналъ гьабуна Туплисалъул губернаторлъиялъул Сигънагъи уездалъул марказлъун. 1812 соналъ Сигънагъиги хутӀараб Гуржистаналда цадахъ данде бахъана гӀурус хӀакимлъиялде. Кавказалъул рагъул заманалда Сигънагъи рикӀкӀунеб букӀана кӀвар бугеб бакӀлъун, щай гурелъул гьеб букӀана Имаматалде гӀагарлъухъ.[3]

Шагьар хекко кӀодолъулеб букӀана, халкъ цӀикӀкӀунеб букӀана, Совет хӀукуматалъул заманалда Сигънагъи букӀана росдал магӀишаталъул центерлъун. Совет заманалдаса хадусеб Гуржистаналда экономикияб кризисалъ кӀудияб асар гьабуна шагьаралъе. Амма реконструкциялъе Гуржистаналъул хӀукуматалъ байбихьун буго кӀудияб проект, гьелъие финансал чӀчӀезарулел руго къватӀисел организациязги; проект буссараб буго цебетӀолеб бугеб туризмалъул интересаздеги инфраструктураялъе модернизация гьабиялдеги.[4]

География ва климат

[хисизабизе | код хисизабизе]

Шагьаралъул гӀатӀилъиялъ ккола 2,978 га, гьелъул 24,3 % ккола мина-картаз. Сигънагъи буго Туплисалдаса жанубиябгин бакъбаккуда гӀ.-ш. 113 км-ялъ рикӀкӀад. Сигънагъиялъул мухъ шагьаралда цун буго бакъбаккул ва жанубиябгин бакътӀерхьул рахъ. Шагьар буго Гомбори балалъул бакъбаккул цересел парсазда, Алазан ва Къарби гӀоразул расалъиязда гьоркьоб лъимбикьуда, бачӀин тӀокӀам росдал магӀишаталъул ва ахихъанлъиялъул регионалда. Ралъдал гьумералдаса гӀ.-ш. 790 метраялъул борхалъуда шагьаралдаса рагьула КӀудияб Кавказалъул мугӀрузде ва Алазаналъул расалъиялде шаклу. Сигъагъиялда буго тамахаб ракьдагьоркьобралъдалаб климат. Хасел буго рекъахъе квачараб, рии букӀине бегьула багӀарараб. Бищун борхатаб гьоркьохъеб температура июлалда букӀуна 24,3°C, бищун гӀодобегӀанаб температура январвлда букӀуна 0,2°C. ЛъагӀалил гьоркьохъеб гӀазу-цӀадал къадар багъардахъула 602,1-ялдаса 949,7 мм-ялда гьоркьоб, бищун цӀикӀкӀараб гӀазу-цӀад букӀуна ихдалил моцӀаздаги роол байбихьудаги.

Сигънагъиб ва гьелъул сверухълъиялда буго чанго тарихиял ва маданиял гӀарасал, жал 1975 соналдаса нахъе пачалихъалъул хасаб цӀуниялда гъоркь бугеб. Шагьар сверун буго къед XVIII гӀасруялъул щулалъиялъул хутӀелалгун Жибго шагьаралда жаниб буго кӀиго гуржи ортодоксалияб килиса — цояб мукъаддасав Гергие, цогидаб — Стефание. КӀвар бугеб монастер Бодбе буго Сигънагъиялдаса 2 км-ялъ рикӀкӀад, IV гӀасруялъул Гуржистаналъул апостол, мукъаддасай Нинода хурхараб букӀиналъ, гьеб ккола зияраталъул бакӀлъун.

БакӀалъулаб этнографияб ва археологияб музей, 1950-л соназда бараб, 2007 соналъ цӀигьабун ва лӀугьинабун буго гьанжесеб цебебахъиялде — Сигънагъиялъул музей.[5] Гуржистаналда Сигънагъи машгьур буго «Рокьул шагьар» хӏисабалдаги, гӀемерисел уна гьенире бертин гьабизе.[6]

Машгьурал гӀадамал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Ралагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. ^ (in Гуржи) The 2002 Census results Archived 2007-11-24 at the Wayback Machine, p. 47 (PDF format). The Statistics Department of Georgia. Retrieved on April 1, 2007.
  2. ^ Beradze, G. G.; Smirnova, L. P. (1988). XVII гӀасруялъул байбихьуда гуржигин ираналъулал хурхеназул тарихалда хурхарал материалал (in русский). Tbilisi: Мецниереба. гь. 83. Парс иццазда гӀемер дандчӀвалеб тюрк cигънак рагӀул магӀна буго цӀунараб бакӀ, щулалъи, хъала абураб. Гьел магӀнабигун гьеб тюрк рагӀи бачӀун буго цогидал мацӀаздеги, гьездаго гъорлӀ гуржи мацӀги [238, гь. 1091]. Гьеб рагӀи дандчӀвалеб буго гуржи топонимиялдаги, мисалалък, КӀахетиялъул Сигънагъи шагьаралъул цӀар (гьанже Гуржи. ССР-алъул Сигънагъи мухъалъул), жиб XVIII гӀасруялъул кӀиабилеб бащалъуда цебе букӀараб щулалъиялъул бакӀалда лӀугьараб…
  3. ^ Van Halen, Don Juan (1828). Narrative of Don Juan Van Halen's Imprisonment in the Dungeons of the Inquisition at Madrid: And His Escape in 1817 and 1818. New York: J & J Harper. гь. 269. kahetia 1812.
  4. ^ The official website of Signagi Archived 2007-09-28 at the Wayback Machine. Retrieved on April 1, 2007.
  5. ^ Signagi Museum Archived 2011-07-21 at the Wayback Machine
  6. ^ "Sighnaghi, Georgia". Advantour.
  • Rosen, Roger. Georgia: A Sovereign Country of the Caucasus. Odyssey Publications: Hong Kong, 1999. ISBN 962-217-748-4

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]