XIажи Мурад | ||||
Е. Е. Лансереца «Хаджи-Мурат» абураб къисаялъе бахъараб сурат | ||||
| ||||
---|---|---|---|---|
Цеве вукІарав: | Ахъбердил МухІамад | |||
Хадув вачІарав: | ПатагІали | |||
| ||||
ВатІанчилъи: | Россиялъул империя | |||
Дин: | ислам суннияб мазгьабалъул | |||
Гьави: | 1818 сон Хунзахъ р., МагІарул ханлъи (гьанже Хунзахъ мухъ, Дагъистан Жумгьурият) | |||
Хвей: | 5.05.1852 Онджалы р., КъахӀиб район, Азарбижан | |||
Миллат: | аварав | |||
Рагъул хъулухъ | ||||
Рагъул цІар: | имам Шамилил наиб | |||
Хунзахъа ХӀажимурад[a] (1816, Хунзахъ, Авария — 5 май 1852, ) — аваразул аскаралъул бетIер, халкъияв бахlарчи, Имам Шамилил наиб ва бищун аскIовегIанав кумекчи[1]. Лев Толстоясул «Хаджи-Мурат» абураб литературияб къисаялъул багьадур. Гьавуна ва кlудияв гІуна Хунзахъ росулъ ханзабазул лъималазда аскlов. Ханзабазул лъималазул рахьдал вац. Вукъун вуго Азарбижаналъул КахІиб мухъалда.
ХӀажимурад гьавураб сон чӀван-къотӀун лъалеб гьечӀо, биографчагӀаз реххсолел руго батӀи-батӀиял сонал — 1812, 1815 яги 1818.[2][3]. Эсул кӀудияв вас Гуллаца бицаралда рекъон, эв гьавун вуго гьижрияб 1230 соналъ (грег. 1815–1816).[4] Киналниги цӀех-рех гьабулез ХӀажимурад гьавураб дата ччӀезабулелъул мугъчӀвай гьабулеб буго эсул вац ГӀусман Абу СултӀан-ханасул рахьдал вацлъунги, живго ХӀажимурад Авар СултӀан АхӀмад-ханасул кӀиабилев васасул, ГӀумаханил, гӀелцоявлъунги вукӀанин абураб информациялде.[5]. Археограф А. П. Бержеда рекъон, Абу-СултӀан хан гьавураб сон кколеб буго 1813 (гьебго соналъ гьавун вуго ГӀусманги), эсул гьитӀинав вац ГӀумахан гьавун вуго 1816 соналъ,[6] гьезул гӀелцояллъун ГӀусманги ХӀажимурадги рукӀанин абураб информация ритӀухъаблъун тани, лъала ГӀусман гьавураб сон 1813, ХӀажимурад гьавураб сон 1816 букӀин.[7] Эб информация ритӀухъаблъун тани, ХӀажимурад гьавураб сон кколеб буго 1816, эб сон дандеккола цинги Гуллаца бицаралъеги.[7][4]
Гьавуна Авариялъул тахшагьар Хунзахъ,[b] Тавулал абулеб узден тухумалда. Хунзахъа историк, М. Д. Атаевас роццӀинабулеб буго эб букӀанин хундерил нексӀияб тухум, жинда БацӀукъилал-Тавулал абулеб (бацӀ абураб рагӀудаса) ва нуцалзабазул гӀагараблъун риккӀунеб букӀараб.[7][8]
ХӀажимурадил эмен вукӀана Тавулазул ГьитӀинмухӀамад, гьоркьохъеб буголъул чи, гьев вукӀана рагъазулӀги гӀалхьаллъулев бахӀарчи[4] ва чӀвана 1830 соналъ ГъазимухӀамадил бодаса Хунзахъ цӀунулаго.[9] Эбелалъул цӀар букӀана Залму. ХӀажимурадил вукӀана кӀудияв вац — ГӀусман. Эв 1834 соналъ Хунзахъ мажгиталда ккарал лӀугьа-бахъиназда чӀвана, гьесул хъизамалъул рахъалъ щибго лъалеб гьечӀо.[10] Гьезул йикӀана яцги, лъалеб жо буго элъул цо вас вукӀаравлъи, жинда Элдар абун цӀар бугев ва 1852 соналъ ХӀажимурадида цадахъ ЦӀоралда чӀварав.[11]
ХIажи-Мурадица гьитIинаб къоялдаса нахъе лъазабулаан Къуран, Мухтасар ва Тафсир. ЦIализе ва хъвадаризе гьесда лъалаан гIажам мацIалда (магIарул мацI, гIараб алфавиталъ хъвараб). ГьитIинаб къоялдаса нахъе гьесие рокьулаан чуялги, ярагI-матахIги[12].
ХIажи-Мурадида гьитIинал къоядаса нахъе бихьана рагъ. Гьеб заманаялъ Кавказалда ине букIана рагъ АлекIсей Ермоловасде данде. Хадуб гьасда бихьана имамзабазул къеркьей гIурусазде данде Кавказалда байбихьараб. ХIажи-Мурадие букIана 11 сон Гъази-МухIаммад жиндирго аскаргун ХундеритIе кIанцIараб мехалъ. Гьеб къеркьеялда чIвана ХIажи-Мурадил эмен. Хунзахъ росу тIолго бикъун, щущахъбан букIана Гъази-МухIаммадил рахIму гьечIеб аскаралъ. Гьединабги ва цогидабги захIмалъи бихьарав ХIажи-Мурад гIолохъанлъана хекко. Гьев вукIана кутакалда къвакIарав бахIарчи, бокьараб суал дандеккезабизе кIолеб хIал букIана гьесул доб мехалъго[13].
Бицен буго, кIудияв гIураб мехалъ гьасие гIурусаз къунила цо суал: «кида дуда бичIараб мун хIинкъи гьечIев чи вукIин?». Гьеб суалалъе ХIажи-Мурадица къола къучIаб жаваб: «БецIаб сардилъ дахIададаца дун витIун вукIана Бакъдай (боцIцIи-гьанз хундерица хьихьулеб авлахъ) чода хадув. ГьитIтIаб хIетIегун дун тIад чIчIана хинаб, тамахаб жоялда тIад. Гьеб букIана гIанкI, гIундулги ккун кодобе босар. Гьеб букIана дир тIоцебесеб бахIарчияб иш». ХIажи-Мурадил гIамал-хасият букIана хундерил бахIарзабазда рекъараб. Гьесда лъимерлъиялдаса нахъе бихьана ханзабаз гьабулеб букIараб иш, унел рукIарал рагъулал къеркьеял ва цогидал захIматал ишал[13].
1834 соналъул 13 августалъ ХIажи-Мурадил кIудияв вац ГIусман вукIана ГIабу-Нуцалидаги ва ГIумаханидаги цадахъ ХIамзат-бекихъе ине ахIунругелъул имамас. АскIове вачIун ХIамзатил мюридас бицуна ГIусманида ханзаби чIвазе ахIаралъи махсародеги ккун. Мюридас абула ГIусманида хекко рокъове тIад вусаян, гурони ХIамзатица мунги чIвалин. Чуги кьолон ГIусман тIад вусуна Хунзахъ росулъе[13][12].
Гьединан 13 августалъ 1834 соналъ ХIамзат-Бекица гьркьо ине гьаруна лебалал васал жиндиего Хунзахъ росу бахъизе бигьалъиялъе. Гьебго къоялъ Баху-бикаги ХъистIаман-бикаги Хунхзахъа рачахъула Гиничукь росулъе. ГIабу-Нуцалил хъизан хутIана ханасул рокъой Хунзахъа лъимергьайизе йикIиналъе гIоло. Бихьинлъиялъ къвакIарай Баху-бикае бокьун букIана ХIамзатгун дандчIвазе. Баху-бикада гьитIинаб къоялдасанахъе лъалаан ХIамзат. Гьев вукIана ханзабазул рокъов хъулухъ гьабулесул васлъун. ХIамзатие бокьичIо Баху-бика йихьизе. Гьес ханзабазул рукъ жиндирго кверщеликье босула гьеб къоялдаса нахъе.[14]
ХIамзат-бекида лъалеб букIана цо ханзаби чIван Авар ханство жиндирго кверщеликье босуларелъи. Гьес буюрухъ кьуна Сахъадерил хан Сурхай кквезе. Сурхай-хан вукIана Баху-бика вацгIал. Гьелдаса хадуб ХIамзатие бокьана ханзабазул бечелъи бахъизе[15]. Гьелъие хIажатал буюрухъалги кьун, ХIамзатица ахIана жиндихъего Баху-бика. КъвакIарай гIаданалъ ХIамзатида баркула бергьенлъи. Гьеб бокьичIев ХIамзатица мюридасде къинкIула бетIер къотIеян[15].
ХIамзатица гьабуралда рекъоларо гьасул бищун гIагаразегицин. Инжилъарав жиндица гьабуралдаса ХIамзат гьардола тIаса лъугьаян. Гьес гьерсал рицуна, Баху-бика чIаго тани, гьелъ гIурусазда кумек гьарулин. Киназдаго бичIулеб букIана ХIамзатица гьабураб вахIшияб жо. Хадусеб къоялде чIвала Сурхай-ханги[15].
Хундерие вокьулароан ХIамзат-бек. Хундерица ургъула хIилла ХIамзат чIвазе[15]. Гьаз ургъухъе бахча-ккван 18 бахIарзал рачIуна ХIамзат чIвазе. 18-сго КъураналтIа кверлъун рагIи кьола лъидаго бицинарин жидерго сихIр[15].
ХІажимурадил машгьурлъи байбихьана 1834 соналъ, гьесги вац ГІусманицаги ханалъул васал чІваралъухъ рецІел босиялдасан. Россиялъул рахъалда ХІажимурад гІахьаллъана ХІамзатил бакІалда тарав Шамил имамасде данде гьарулел рагъулал тунка-гІусиязда. Бихьизабураб бахІарчилъиялъухъ ХІажимурадие офицерлъиялъул чинги кьола[16].
1840 соналъ ХІажимурадиде Шамил имамасулгун балъгоял гьоркьорлъабазда вугилан гІайибги гІунтІизабун, генерал Клюгенаул буюрухъалда рекъон, туснахъги гьавун, гьев Темир-хан-Шураве витІула. Гьев щвезавизе ритІарал кІиявго чиги цадахъ цІан, кьурул рагІалдасан бугеб сухъмахъалдасан унаго, гъоркье кІанцІула ХІажимурад. Цадахъ рукІаразда тІадги ккун, гІицІго бох бекун гурони тІокІаб къварилъи кколаро гьесие. Гьеб заманалдаса нахъе, Шамил имамасги тІамун, киналго магІарулазул росабазул наиблъун вукІана ХІажимурад. І0 соналъ имамасул кваранаб кверлъун вукІана гьев. Гьел соназ ХІажимурадил бетІерлъиялда гъоркь гьарурал бахІарчиял чабхъеназ гьесул цІар кибго машгьурлъана. ХІажимурадиде абулеб букІун буго «вихьуларевилан». ХІажимурад вачІине бегьулеб бакІалде, гІурус армиялъул нухмалъиялъ гьесде данде бищун къуватал, тІаса рищарал рагъухъабазул къокъаби рехулаан.
ХІажимурадица чабхъенал гьарулаан давлаялъе гІоло гуребги, рецІел босизелъунги. Давлаялъул бутІа гьес кидаго бесдалазе ва къоролзабазе бикьулаан. Имамасул рагъухъабазда гьоркьов ХІажимурад вукІана бищунго цеветІуравлъун. Гьесул къвакІиялъгун бахІарчилъиялъ Дагъистанги Чачанги хІайран гьарун рукІана. Гьесул багьадурлъиялъул цІар тІолабго Кавказалдаги Россиялдаги тІибитІун букІана.
1851 соналъ имамасдаги ХІажимурадидаги гьоркьоб ккараб дагІба сабаблъун, имамасул буюрухъалдалъун ХІажимурадил хъизан-лъимал асир гьарула. ХІажимурадги имамасдаса нахъеги ун, БакьагьечІив чІола[16].
«ХІажимурад вукІана рагъуе гІорхъолъа ун тІокІ борчІараб махщел-гьунар БетІергьанасго кьурав чи. Бищун къвакІарал бахІарзазулги бахІарчи вукІанин ХІажимурадилан аби ккола гьесул хІакъалъулъ щибго жо абичІолъи. ХІажимурадил хІинкъи гьечІолъи букІана Кавказалъецин гІадатияб гуреб, гІажаиблъилъун. Гьев вукІана чол рекІаразул хІикматав цевехъан. Тушманасда хадув гІунтІарав, захІмалъабаздаса ворчІизе бажарулев, гьужумазулъ нахъекъай гьечІев, нахъе къалаго лъиданиги жинда хадув гъезе, лъиданиги кквезе кІоларев. РукІана заманал гьев багьадурас князь Аргубинский – Долгоруков ва князь М. С. Воронцов гІадал цІодорал полководцал бакараб цІадутІа бугеб боркьараб къанитІа тІад гІадин гьел чІезаруралги. Гьев бергьараб гьунаралъул гІалхулав цогидаб армиялде вачаниги – французазул армиялде ялъуни дагьабги лъикІаб Мольткел армиялде, Европаялъул бокьараб армиялде вачаниги, киве кканиги ХІажимурад вукІине вукІана хІинкъи-къай гьечІев тулакав рагъухъанлъун ва чол рекІаразул бищун лъикІав командирлъун» А. Зиссерманил хъвай-хъвагIаяздаса
|
ХІажимурад тІадвуссун магІарухъе ине хІал бихьулаго, Азарбижаналъул КъахӀиб районалъул Онджалы росда аскІоб хадур лъугьарал хъазахъазул ва милициялъул чанго нухалъ цІикІкІараб къуватгун ккараб рагъулъ ХІажимурад чІвала. Кавказалъул цІар рагІарав бахІарчи хвана гъветІги ккун. Гьесул къаркъалаялда сверун гІодор ккун рукІана цохІо ХІажимурадица чІварав 17 тушманги. ХІажимурадил хоб лъугьана зияратлъун[16].
{{cite book}}
: CS1 maint: location missing publisher (link)
{{cite book}}
: CS1 maint: location missing publisher (link)
{{cite book}}
: CS1 maint: location missing publisher (link)
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалеб ReferenceA
-лъе текст бихьизабун гьечІо{{cite web}}
: Empty citation (help)
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалеб autogenerated1
-лъе текст бихьизабун гьечІо{{cite web}}
: Invalid |url-status=хвараб
(help)