Хьондакавказиял мацӀал | |
---|---|
Бакъаккул кавказиял Нах–дагъистанияб Хьонда-баккул кавказиял Каспиял | |
Географияб тӀибитӀи | Кавказ |
Лингвистикияб классификация | ТӀоцереял мацӀазул хъизамазул цояб |
Инс-мацӀ | Инс-хьондакавказияб |
Гъоркьрикьи | |
Glottolog | nakh1245 |
Хьондакавказиял мацӀал, гьединго Бакъаккул кавказиял, Вайнахгин дагъистаниял, цо-цо Каспиял мацӀал (Хьонда-тӀерхуьла кавказиял мацӀазде абулеб Понтиял мацӀал терминалде данде лъун) — мацӀазул хъизан, жиб тӀибитӀун бугеб Кавказалъул бакъаккул рахъалда ругел республикабазда: Дагъистаналда, Чечнялда, Ингушетиялда, гьединго Хьондасеб Азарбижаналдаги, Гуржиялдаги; гьединго эл мацӀазда кӀалъала Бакъаккул Европалда ва БакътӀерхьула Азиялда ругел кавказиязул диаспораби. КӀалъалезул рикӀкӀен, батӀи-батӀиял баяназда рекъон, буго 2,6-даса 4,3-де щун миллион чи. Эл мацӀазул цо-цоял руго жидела чанго нусго гурони чи кӀалъаларелги.
Хьондакавказиял мацӀал рикьала цо инс-мацӀалдаса НЩ III азарсонил ахиралдехун. Руго чанго гьипотезаби, жидеца хьондакавказиял мацӀал кӀудахъизаналде рачунеб, энибго Кавказалъул мацӀазда цадахъги, хӀо эзул цониги гьечӀо киназго риккӀараблъун. Хъизамуда жаниб генеалогияб классификациялда ва мацӀаздеги диалектаздеги бикьиялдаги сверун буго гӀелмияб диспут. Традиционго хъизан бикьула анкьго яги анлӀго (авар–гӀандиялги цӀунтӀиялги мацӀал цойида риккӀани) гӀаркьалиде. Хьондакавказиял мацӀазда буго рагьукъал гьаркьазул бечедаб система, гӀатӀидго тӀибитӀун буго фарингализация, лабиализация. Грамматикалда батӀахъул рижа буго вербалаб аргументазул эргатив–абсолутив кодификати, хӀалатазул кӀиго система (гӀадаталги бакӀалъулги), цӀарсилаб классалъул категория.
Гьеб хъизаналде абизе хӀалтӀизабула чанго цӀар. Бищун гӀаммаб буго Хьондасеб бакъаккул кавказияб, элъ данде лъола Кавказиял мацӀазул лъабго рикӀкӀараб хъизан: Хьондасеб бакъаккул кавказияб, Хьондасеб бакътӀерхьул (Абхаз–адигъ) ва Бакъдасеб кавказияб (картвел). Эдинго элде абизе бегьула хьондакавказияб яги бакъаккул кавказияб онги. Нах(о)-дагъистанияб яги вайнах-дагъистанияб цӀаруца нахъихьизабула хъизамул тӀоцебеяб бикьи вайнах ва дагъистанияб гӀаркьалабазде, хӀо гьеб цӀар тӀокӀалъ гӀатӀидго хӀалтӀизабулеб гьечӀо, щай гурелъул дагъистанияб гӀаркьел унгоги ккола чангоязул конгломерат. Дагьо хӀалтӀизабулеб термин буго Хьондасеб каспияб (Каспи ралъдал рагӀаллъи), эб данде лъола Хьондасеб понтияб терминалъе (ЧӀегӀер ралъал рагӀаллъи), жиб Хьондасеб бакътӀерхьул кавказиял мацӀазда абулеб.
Хьондакавказиял мацӀазул цӀиккӀанисел тӀиритӀун руго Дагъистаналъул цохӀо мугӀрузулаб рахъалда.[1] Авар–гӀандиял мацӀазда кӀалъалел руго Дагъистаналъул бакътӀерхьуда, эзул Авар мацӀ ккола бищун тӀибитӀараблъун, элда кӀалъала мугӀрузда гуребги, лъарагӀлъудаги, гьединго ЦӀоралдаги (жакъа къоялъ Азарбижаналда), гӀандиял ва цӀунтӀиял мацӀал рахьдалаблъун кколезе авар мацӀ буго лингва франкалъун. ЙӀунтӀиял мацӀазда кӀалъалел руго бакъда-тӀерхьудехун, лак ва даргин — централда. Лезгин мацӀал тӀиритӀун руго Дагъистаналъул бакъдехун.[2].
Чачанги гъалгъайги мацӀал руго ЧачаналӀ ва Ингушетиялда. Курал, рутул, хъалтагъ мацӀал тӀиритӀун руго Азарбижаналдаги, будух, къирицӀ ва хиналуг мацӀал — цохӀо Азарбижаналда, удин — Азарбижаналдаги Гуржиялдаги. Бацби мацӀ буго Гуржиялда бугеб цо росулӀ.[3].
Хьондакавказиял мацӀазда кӀалъалезул диаспораби руго цогидал бакӀаздаги. ТуркалӀ руго аваралдаги куралалдаги кӀалъалел. агъул, даргин ва цогидал мацӀазда кӀалъалезул цодагьаб рикӀкӀен буго ХъиргъизалӀ — 1937–1939 соназ доре депортинарун рукӀарал чагӀазда гьоркьоб; ХЪазахстаналда чачан ва гъалгъай мацӀалда кӀалъала 1944 соналъ депортинарун рукӀаразул дораго чӀарал чагӀи. ГьитӀи-гьитӀинал къокъаби руго Россиялъул цогидал регионаздаги. [4].
Цо-цо хьондакавказияб мацӀалда кӀалъалезул рикӀкӀен буго нус-нус чи.[5] 1989 сонил цензалда рекъон, СССРалда чачан мацӀалда кӀалъалезул риккӀен букӀун буго 958 309 чи, гъалгъаялда — 237 438, аваралда — 604 200, даргвалда — 365 800, тумалда — 118 400, куралалда — 466 800, агъулалда — 19 900, рутулалда — 20 700, табасараналда — 98 400, хъалтагъалда — 20 100 чи. Цогидал хъондакавказиял мацӀазул босазул риккӀен буго щунусидаса чанго азар чиясде бахунеб.[6]. 2011 сонил баяназда рекъон, хьондакавказияб хъизамул мацӀазда кӀалъалезул риккӀен буго гӀ-ш. 4.3 миллион чи, Россиялда 2010 сонил цензалда рекъон вуго около 3.6 миллион чи.[7] Бищун тӀиритӀарал хьондакавказиял мацӀал руго авар (гӀ-ш 800,000–1,000,000 босор) ва чачан (гӀ-ш. 1.3 миллион босор).[8]
ГӀемерисел мацӀалги диалекталги руго тӀагӀиналъул хӀинкъаликь. Будух, бацби, хьондасел даргин мацӀал ва цогидал мацӀазул цо-цо диалектал руго критикияб ралълида: эзда кӀалъалел руго хералги чӀахӀиялги, гӀун бачӀунеб гӀел гуреб, гьелъ цинги гьел кватӀичӀого тӀагӀиналъул кӀудияб хӀинкъи буго.[9]
ГӀемараб мехалъ классифкацилъ хъизан бикьулаан нахияб ва дагъистанияб гӀаркьалабазде, гьениса бачӀараб букӀана нахо-дагъистанияб терминги.[10] Амма, прото-мацӀалъул реконструкциялъул хӀалбихьуда рекъон, нахиял мацӀал дагъистанияздаса цӀикӀкӀун ратӀалъарал гьечӀо дагъистанияб гӀаркьалил мацӀал цоцаздаса гӀадинго,[11] амма гьеб кинабго жеги тӀолазго рикӀкӀун гьечӀониги. Хадусеб схема, жиб Бернард Комри ва цогидал лингвистазул хӀалтӀуда рекъон гӀуцӀараб, къабул гьабун буго Ethnologue-лъги. НахъчӀван букӀана авар–гӀандияб–цӀунтӀияб гӀаркьел, амма эб букӀахъинабуна "цӀияб типалъул" мацӀал гӀадин Шулцица (2009, 2013), ва гьединго нахъбуссинабуна лак–даргиябги.
Хъизамалда жаниб классификация гьаби захӀмат гьабулеб факторазул цояблъун буго щибаб гӀаркьалил диахроникияб цебетӀей бихьизабун букӀин диффузиялъул цӀакъго цӀикӀкӀараб даражалдалъунги, гьединго дивергенциялдалъунги, жинда хадуб кӀиабизесеб конвергенция бугеб, гьелъ захӀмат гьабулеб буго компаративияб метод.[12]
Популациялъул рикӀкӀен босараб буго Ethnologue 16леб редакциялдаса.
Аслияб ареал ккола БакътӀерхьул Дагъистаналъул магӀаруллъи, гьединго лъарагӀлъи. Авар ккола лингва франка хутӀаразе ва цӀунтӀиял мацӀазе ва цохӀо бугеб литературияб мацӀ. Шулцеца (2009) кьолеб буго хадусеб хъизамулаб гъветӀ авар–гӀандиял мацӀазе:
Цифраби щварал руго Ethnologue-лдаса.[13] Гьел мацӀазда кӀалъала Дагъистаналъул хадусел районазда: Бакълъул, Болъихъ, Гелбахъ, Гъуниб, ГӀахьвахъ, Къарабдахъ, Лаваши, ЛъаратӀа, Онсоколо, Хасавхъала, Хунзахъ, Хьаргаби, ЦӀумада, ЦӀунтӀа, ЧӀарада, Шамилил, Шурагьи, гьединго цогидал районаздаги. Авар мацӀ гьединго буго ЦӀоралъул Закаталаги Билканги мухъазда.
The twenty-nine languages of East Caucasian are marked by both an extreme degree of diffusion/divergence and secondary convergence, which renders the application of the comparative method more difficult.