А | |
---|---|
(Ралагье гъоркьегӀан) | |
ХӀалтӀизаби | |
Хъвавул система | Кирилликияб хъвай-хъвагӀи |
Тайпа | Алипбаяб |
ЛӀугьараб мацӀ | Басрияб килисаялъулаб славян мацӀ |
Фонетикияб хӀалтӀизаби | [a] [ɑ] [ə] |
Юникод | U+0410, U+0430 |
Алфабетияб позиция | 1 Нумерияб кӀвар: 1 |
История | |
ЦебетӀей | |
Период | ~900 to present |
Хадусел | • Я |
Бацал | A Α α א ا ܐ አ Ա ա 𐌀 A ᴀ |
Транслитерационияб эквивалент | A (Латин хъвай-хъвагӀи) |
Вариацияби | (Ралагье гъоркьегӀан) |
Цогидаб | |
Цадахъ хӀалтӀизарулел | аң |
Хурхараб рикӀкӀен | 1 |
Хъвалеб куц | КвегӀидаса квараниде |
А | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
Фонетика | ä | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
ЦӀар | а | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Расмияб вариант | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
| ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Полиграфал1 | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
| ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
ЦӀиял 2 | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
| ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
^1 Алфабеталда гьечӀел, хъвай-хъвагӀиялда хӀалтӀизарулел. ^2 1952 соналъ тетраграфал хисизе рахъарал вариантал, рилӀинарун гьечӀел. | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
А, а — кириллицаялда гӀуцӀарал киналниги алипбаязул тӀоцӀебесеб хӀарп.[1] БачӀин буго н.-грек α (альфа) хӀарпалдаса, жибги финикияб «алеф» хӀарпалдаса лӀугьараб. ГӀемерисеб бихьизабула гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб /ä/ гьаракь.
Кириллияб А хӀарп лӀугьараб буго грек альфа (Α α ) хӀарпалдаса. Басрияб славян алипбаялда гьелде абула азъ–илан, азъ (azǔ), "Дун" абураб магӀнаги бугеб. Кириллияб рикӀкӀеназул системаялда А хӀарпалъул магӀна буго 1.
Тарихалда жаниб, кириллияб А хӀарпалъул букӀана батӀи-батӀияб форма. Россиялда I Пётрица граждан шрифт билӀинабуралдаса нахъе, кириллияб А хъвала латин варианталда релълъун; курсивги, мухъил формаги гьединго.
ГӀемерисел мацӀазда, жидеца кириллица хӀалтӀизабулел, — авар, булгар, украин, белорусс, гIурус, русин, серб, македон ва черногор мацӀал гӀадал, — кириллияб А хӀарпалъ бихьизабула рагьараб гьаракь /a/. Ингуш ва чачан мацӀазда бихьизабула гъоркьияб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб /ɑ/ ва гьоркьохъеб борхиялъул гьоркьохъеб кьералул рагьараб /ə/. Тувин мацӀалда гьеб хӀарп хъван букӀине бегьула диграф гӀадинги.[2][3]
Авар мацӀалда киса-кибего хӀалтӀизабула гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб /ä/ гьаракь бихьизабизе, мисалалъе: анцӀго, гӀадан, вац. РагӀул байбихьуда гьеб гьаракь дандчӀваларо, гьелда цебе букӀуна гьамза, амма гьеб бихьизабуларо, гьединлъидал киса-кибего рагӀабазул байбихьуда хъвала А хӀарп. Гьелдаса байбихьулеб бищун къокъаб рагӀи буго авар мацӀалда ине фигӀлуялъул тӀалабияб буссинаби: а.
ГӀурус адабияталъулаб мацӀалда А хӀарп, рагӀулӀ бугеб позициялда рекъон, цӀалула батӀи-батӀиял къагӀидабазда:
ГӀурус рагӀаби А хӀарпалдаса байбихьулел, аслияб къагӀидаялъ руго цогида мацӀаздаса рачӀарал, цо-цо гьоркьоберехал яги гьаркьахъе абулел рагӀаби ва "а" рагӀи хутӀизегӀан.
Preview | А | а | ||
---|---|---|---|---|
Юникод цӀар | CYRILLIC CAPITAL LETTER A | CYRILLIC SMALL LETTER A | ||
Кодификати | декимал | гьекс | дек | гьекс |
Юникод | 1040 | U+0410 | 1072 | U+0430 |
UTF-8 | 208 144 | D0 90 | 208 176 | D0 B0 |
Нумериял симболазул референс | А |
А |
а |
а |
Named character reference | А | а | ||
KOI8-R and KOI8-U | 225 | E1 | 193 | C1 |
CP 855 | 161 | A1 | 160 | A0 |
Windows-1251 | 192 | C0 | 224 | E0 |
ISO-8859-5 | 176 | B0 | 208 | D0 |
Mac Cyrillic | 128 | 80 | 224 | E0 |
{{cite web}}
: Check date values in: |access-date=
(квеки)
{{cite book}}
: Check date values in: |access-date=
and |date=
(квеки)