Авар | |
---|---|
Avar | |
Абулеб куц | /ʔäˈwär mät͡sːʼ/ |
Территория | Хьондасеб Кавказ, Азарбижан |
Этниклъи | Аварал |
КӀалъалел | 1 200 000 (2021)[1] |
Цесел формаби | |
Диалектал | |
Кириллияб (гьанже) ГӀараб, Латин | |
Официалаб статус | |
Официалаб мес | Россия |
МацӀалъул кодал | |
ISO 639-1 | av – Авар |
ISO 639-2 | ava – Авар |
ISO 639-3 | Цогидаб:ava – Аварoav – Басрияб авар |
oav – Басрияб авар | |
Glottolog | avar1256 |
Авар мацӀ (24) тӀибитӀун бугеб ареал | |
Авар мацӀалъе классификация гьабун буго жиндие хӀинкъи бугбе гӀадинан ЮНЕСКОялъул Дунялалъул хӀинкъаликь мацӀазул атласалъ[2] | |
Авар мацӀ (абул куц [ʔäˈwär mät͡sːʼ]) — Бакъбаккул Кавказалда бугеб хьондакавказияб хъизамул авариял мацӀазул гӀаркьалил авар–гӀандиял къокъадул мацӀ, ккола дагъистаниял мацӀазда гьоркьоб бищун тӀибитӀараблъун.
ТӀибитӀун буго аслияб куцалъ Дагъистаналдаги ЦӀоралдаги, бутӀаккун буго ЧачаналӀ, ГуржиялӀ, ва ТуркиялӀ бугеб авар диаспоралда. Ккола Дагъистаналъул официалал мацӀазул цояблъун, гьединго Дагъистаналъул бакътӀерхьуда, историкияб Авариялда бугеб лингва франкалъун (болмацӀ). КӀалъалезул риккӀен буго 1,200,000.
Авар мацӀалъул фонетикияб гӀуцӀиялда буго гӀатӀидаб рагьукъал гьаркьазул (консонантазул) система, жиндилӀ халалъаралги (фортисалъул), лабиалиялги (кӀутӀбузулал) рагьукъал ругеб. Рагьараб гьаракь стандартаб аваралда буго щуго, амма сверелазда данчӀвала халатал рагьарал гьаркьалги (ралагье хундерил сверел). Фонетикаялда билӀараб жо буго цо ккураб гьечӀеб тӀадецуй, жиндица магӀна батӀагьабул рол хӀалеб.
Морфологияб гӀуцӀи буго агглутинативияб, жинда гьоркьоб формантаздалъун рагӀи хисиги флексияги бугеб. Буго лъабго цӀарулаб класс, гӀатӀидаб хӀалатазулаб, гьезул 5 буго гӀадатаб: абсолутив, эргатив, генитив, датив, интсрументалис; 24 — бакӀалъул хӀалат (чӀовул, яги локатив, рачӀул, яги аллатив, ратӀалъул, яги аблатив ва транслатив). ДанчӀвала эргативияб конструкция. Руго тарнзитивиялгун интранзитивиял вербал, аспектазул руго фреквентативги каузативги; кӀиго контрастияб конструкция — эргативияб ва номинативияб. Лексика буго жиндирго кьолболаб, руго гьединго цогидал мацӀаздаса рачӀарал рагӀабиги.
Авар мацӀалъул буго чанго сверел, гьел рикьула хьондасеб ва бакъдасеб тӀадкаламазде. MацӀалъул свералабазда гьоркьоб буго фонетикияб, морфологияб ва лексикияб батӀалъи. Стандартаблъун ккола хьондасеб тӀадгаруле гъорлӀе унеб болмацӀияб вариант.
Авар мацӀ буго Дагъистаналъул официалаб мацӀ, авар регионазул лингва франкалъун. ТӀибитӀун буго аваразул Хунзахъ, Бакълъул, Гъуниб, НахъбакӀ, ЛъаратӀа, Унсоколо, ЧӀарада, Шамилил мухъазда, Болъихъ, ГӀахьвахъ, ЦӀумада ва цӀунтӀа мухъазда; Дагъистаналъул Бабаюрт (21 %), Шурагьиб (27 %), Гелбахъ (83,9 %), Лаваша (25 %), Хасавхъала (33 %), БагӀархъала (46 %), Тарумасул (35 %), ЦӀияблак (23 %) ва Рутул (ГьочотӀа росу) мухъаздаги, гьединго МахӀачхъала (26 %), Гъизилюрт (70,88 %), Гъизляр (21 %), Салануб (46 %), Хасавюрт (30,66 %), Шура (45,79 %) шагьараздаги. Азарбижаналъул хьундасеб (шималияб) рахъалда (аваразул ЦӀоралда), Чачаналъул Хьаруб мухъалда 54,49 %, (Кванхи ва Бути росаби), Гуржиялъул хундасебгун бакъбаккул рахъалда ва Туркиялда гӀумру гьабун ругел аваразда гьоркьоб.
Россиялда авар мацӀалда кӀалъалезул къадар бахуна — 715 297 чиясде (2010)[3]. Гьеб рикӀкӀеналда гъорлъе рачун руго гӀандигун цез мацӀазда кӀалъалел цо чанго росабазул гӀадамалги, жидеца кӀиабилеб мацӀлъун авар мацӀ хӀалтӀизабулеб букӀиналъ. Рахьдал мацӀ бицунеб гӀадин авар мацӀ бицунезул къадар бахуна гӀага-шагарго — 703 азар. чиясде (2010), 65 азаргогӀан авар мацӀалъ кӀалъалев чи вуго Дагъистанги Азарбижанги тун къватӀихун.
ГӀурус армиялъул генерал А. А. Неверовскиясул 1847 соналъ гьабураб хъвай-хъвагӀиялда буго:[4]
Аварал кидаго мугӀрузда бищун къуватаб халкълъун букӀиналъ, гьез Дагъистаналъул бакъулъ бакӀ кколеб букӀиналъ, гьезул мацӀ лъугьана гьеб мухъалъул халкъазда гьоркьоб бищун тӀибитӀараблъун. Киназдего гӀунтӀун магӀарулазда кӀола авар мацӀалда кӀалъазе ва жидедаго гьоркьоб кӀалъазе хӀалтӀизабула.
Авар мацӀги литератураги малъула Дагъистаналда аварал цӀикӀкӀанисел ругел школабазда, сон бахъанагӀан гьел дагьлъизарулел руго. Гьединго авар мацӀ лъазе гьабулел къокъаби руго Дагъистаналъул вузаздаги.
Авар мацӀалда къватӀире риччала гьунарияб ва социалабгин политикия литература: «ХӀакъикъат», «Цолъи», «Кьоял» ва 14 мухъалъул газетал, журналал, буго гьединго радио ва телебихьи. ХӀалтӀула авар мацӀалда музыкалиябгин драматикияб театр ЦӀадаса ХӀамзатил цӀаралда бугеб (1935 соналдаса).
ЮНЕСКО-ялъул классификациялда рекъон авар мацӀ буго жиб тӀагӀине бегьулеб мацӀлъун[5].
Авар мацӀалъул историялъул хасал гӀелмиял хӀалтӀаби гьечӀо; XVII–XVIII гӀасрабазул авар мацӀалъул хъвай-хъвагӀиялъул гӀарасазул лингвистикияб цӀех-рехги гьабун буго дагьго. Жанисеб реконструкциялъул квекудалъун прото-авар мацӀалъул цо-цо сипатал руго баян гьарун:[6] халатал ва къокъал латералиял абруптивиял аффрикатал данде лъей, ункъабилеб грамматикияб класс букӀин, жиндир гӀаламатлъун р- суффикс бугеб цги.
XVII–XIX гӀасрабазда хьондасеб тӀадгарул кьучӀда лӀугьана болмацӀ — мацӀазул свералабазда гьоркьоб бугеб кӀалъал вариант. Эб лӀугьиналъе рукӀана рагъулабгун сиясатияб ва экономикиял гӀиллаби, авар миллат цолъи, нуцаллъиялъул къуват цӀикӀкӀин.
МацӀалъул гьеб варианталда хъвалел рукӀана XVII–XVIII гӀасрабазул хъвадарухъабаз ва шагӀирзабаз жидерго асарал, гьебго мацӀ хӀалтӀизабулаан XIX ва XX гӀасруялъул байбихьуда рукӀарал шагӀирзабаз, жал шималияб тӀадкаламалъул кколел рукӀарал: БакьайчӀиса ЧӀанкӀа, ХъахӀабросулъа МахӀмуд, Ругъжаса Элдарилав, МестӀерухъа НурмухӀамад, Инхоса ГӀалихӀажияв ва цогидалги. Халкъиял кӀучӀдулги, мисалалъе Хочбарил хӀакъалъул гӀадинал, хъварал руго болмацӀалда.
XX гӀасрулъул кӀиабилеб бащалъиялдаса авар адабияталъулаб мацӀ цебетӀеялъе кӀудияб хӀалтӀи гьабула ЦӀадаса ХӀамзатица. Гьеб заманалда авар мацӀалъул къамусияб гӀуцӀиги терминалогияги бечелъулеб букӀана жиндаго жаниб цӀиял рагӀаби лъугьиналдалъунги, цогидал мацӀаздаса рагӀабазул тармажа гьабиялдалъунги, семантикияб рахъалъ лъугьунел хис-басалдалъунги.
Нилъер заманалда адабияталъулаб мацӀ цебетӀеялъе кӀудияб хӀалтӀи гьабуна ХӀамзатил Расулил, ГӀалилазул Фазул ва цогидал аваразул шагӀирзабазул ва хъвадарухъабазул прозаялъ ва асараз.
ТӀоцебесеб авар мацӀалъ хъварал хъвай-хъвагӀабилъун рикӀкӀуна гуржи хатӀалъ хъанчазда гьарурал. XV гӀасаруялдаса лӀугьана гӀараб хъвай-хъвагӀи аслуялда бугеб гӀажам алипба хӀалтӀизабизе. 1928–1938 соназда авар мацӀалъе хӀалтӀизабулаан латин графикалда бугеб алфабет. 1938 соналъ гьеб алфабет бачана кирилицалде, ва жакъа къоялъги гьелдаго буго.
ХъвагӀ | ЦӀар | ИФА | ХъвагӀ | ЦӀар | ИФА | ХъвагӀ | ЦӀар | ИФА | ХъвагӀ | ЦӀар | ИФА | |||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
А а | а | /ӓ/ | И и | и | /i/ | П п | пе | /p/ | ЦӀ цӀ | цӀе | /t͡sʼ/ | |||
Б б | бе | /b/ | Й и | йи | /j/ | Р р | эр | /r/ | Ч ч | че | /t͡ʃ/ | |||
В в | ве | /w/ | К к | ке | /i/ | С с | эс | /s/ | ЧӀ чӀ | чӀе | /t͡ʃʼ/ | |||
Г г | ге | /ɡ/ | Къ къ | къе | /qχː/ | Т т | те | /t/ | Ш ш | ша | /ʃ/ | |||
Гъ гъ | гъе | /ʁ/ | Кь кь | кье | /tɬːʼ/ | ТӀ тӀ | тӀе | /tʼ/ | Щ щ | ща | /ʃː/ | |||
Гь гь | гье | /h/ | КӀ кӀ | кӀе | /kʼ/ | У у | у | /u/ | Ъ ъ | /ʔ/ | ||||
ГӀ гӀ | гӀе | /ʕ/ | Л л | эл | /l/ | Ф ф | эф | /f/ | ы | — | ||||
Д д | де | /d/ | Лъ лъ | элъ | /ɬ/ | Х х | ха | /χ/ | ь | — | ||||
Е е | йе | /j/ | ЛӀ лӀ | лӀа | /t͡ɬː/ | Хъ хъ | хъа | /q͡χː/ | Э э | э | /e/ | |||
Ё ё | йо | /jo/ | М м | эм | /m/ | Хь хь | хьа | /x/ | Ю ю | йю | /ju/ | |||
Ж ж | же | /ʒ/ | Н н | эн | /n/ | ХӀ хӀ | хӀа | /ħ/ | Я я | йа | /ja/ | |||
З з | зе | /z/ | О о | о | /o/ | Ц ц | це | /t͡s/ |
Гьанжесеб авар алфабеталда буго 46 симбол, гьезул 33 буго жибго хӀарп, хӀутӀараб 13 ккола диграфлъун, яни кӀиго ишара цадахъ хъвараб: Гъ, Гь, ГӀ, Къ, Кь, КӀ, Лъ, ЛӀ, ТӀ, Хъ, Хь, ХӀ, ЦӀ, ЧӀ. Алфабеталъул 40 хӀарп хӀалтӀизабул авар мацӀалъул 51 гьаракь, лабиаллъи бихьизабизе хӀалтӀизабула В: гв, кв, дв цги. Ункъго хӀарпалъ бихьизабула /j/ + рагьараб гьаракь (Е, Ё, Ю, Я), гӀурус мацӀалдаса рачӀарал хассал рагӀабазулӀ хъвала Ы. Щуго рагьараб гьаракь бихьизабула А, Е/Э, И, О, У хӀарпаз. Е хӀарпалъ рагӀул байбихьуда ва рагьараб гьаркьидаса хадуб бихьизабула /j/+/e/, хутӀарал бакӀазда — жибго /e/ гьаракь; Ъ хӀарпалъ бихьизабула /ʔ/, гьединго хӀалтӀизабула рагӀулӀ рагьукъаб гьаракьалда хадусеб рагьараб батӀа гьабизе.
КъвакӀарал (интенсивиял) рагьукъал авар мацӀалда гӀемерго данчӀвала, амма хъвалаго гьел киналго гаркьал кӀирекъарал хӀарпаздалъун рихьизаруларо. Гьанжесел орфографиял асасазда рекъон, рагӀулебщинаб бакӀалда хъвала Кк, КӀкӀ ва Чч (/kː/, /kːʼ/ ва /t͡ʃː/ фонемаби), хутӀарал кирекъарал хӀарпал хъвала хадусел бакӀазда:
а | б | в | г | гв | гъ | гъв | гь | гьв | гӀ |
гӀв | д | дв | е | ё | ж | жв | з | зв | и |
й | к | кв | кк | ккв | къ | къв | кь | кьв | кӀ |
кӀв | кӀкӀ | кӀкӀв | л | лъ | лъв | лълъ | лълъв | лӀ | лӀв |
м | н | о | п | р | с | св | сс | ссв | т |
тв | тӀ | тӀв | у | ф | х | хв | хх | ххв | хъ |
хъв | хь | хьв | хӀ | хӀв | ц | цв | цц | ццв | цӀ |
цӀв | цӀцӀ | цӀцӀв | ч | чв | чч | ччв | чӀ | чӀв | чӀчӀ |
чӀчӀв | ш | щ | ь | ы | ъ | э | ю | я | Ӏ |
Борхи | Кьер | ||
---|---|---|---|
Цебесеб | БакьулӀеб | Нахъисеб | |
ТӀасияб | i | u | |
Гьоркьохеб | e | o | |
Гъоркьияб | ä |
Стандартаб Авар мацӀалда буго 5 рагьараб гьаракь: [i], [u], [e], [o], [ä], гьез гӀуцӀцӀула щубутӀаяб лъабокӀонаб система. КӀиго гьаракь: /o/, /u/ ккола гургинлъарал. Руго гьединго назаллъарал рагьарал: ẽ, õ, ũ, ã.[7] Гьел данчӀвала дагьалго рагӀабазул, гӀемериселъ, гьаркьихъе абулел рагӀабазулӀ яги интерйекциябазулӀ:[8] агь, угь, гьа, хӀе, гӀоло цги. Цо-цо бакӀалда назаллъарал рагьараздалъун батӀа гьабула магӀнаги: унго (адверб) — унго (ине вербалъул перфектияб конверб энклитикгун), угьизе 'хӀухьел биччазе' — угьизе 'ххамида расен лъезе'. Рагьарал гьаркьал данчӀваларо рагӀул байбихьуда, гьезда цебе кидаго букӀуна глотталаб гьаракь /ʔ/. Авар диалектазда рагьаразул система гӀемер батӀияб гьечӀо, хӀо хундерил свералида данчӀвала халалъарал рагьаралги дифтонгалги.
Лабиал | Дентал | Алвеолар | Палатал | Велар | Увуляр | Фарингал | Глоттал | ||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
Централ | Летрал | ||||||||||||||
ленис | фортис | фортис | фортис | ленис | фортис | ленис | фортис | ленис | фортис | ||||||
Насалал | m | n | |||||||||||||
Плозивал | зирарал | b | d dʷ |
ɡ ɡʷ |
|||||||||||
гъугъал | p | t tʷ |
k kʷ |
kː kːʷ |
ʔ | ||||||||||
эйектив | tʼ tʷʼ |
kʼ kʷʼ |
kːʼ kːʷʼ |
||||||||||||
Аффрикатал | гъугъал | t͡s t͡sʷ |
t͡sː t͡sːʷ |
t͡ʃ t͡ʃʷ |
t͡ʃː t͡ʃːʷ |
t͡ɬː t͡ɬːʷ |
q͡χː q͡χːʷ |
||||||||
эйективал | t͡sʼ t͡sʷʼ |
t͡sːʼ t͡sːʷʼ |
t͡ʃʼ t͡ʃʷʼ |
t͡ʃːʼ t͡ʃːʷʼ |
t͡ɬːʼ t͡ɬːʷʼ |
q͡χːʼ |
|||||||||
Фрикативал | гъугъал | ssʷ | sː sːʷ |
ʃ ʃʷ |
ʃː ʃːʷ |
ɬ ɬʷ |
ɬː ɬːʷ |
x xʷ |
χ χʷ |
χː χːʷ |
ħ ħʷ |
||||
зирарал | z zʷ |
ʒ ʒʷ |
ʁ ʁʷ |
ʕ ʕʷ |
h hʷ | ||||||||||
Вибрантал | r | ||||||||||||||
Аппроксимантал | j | w | |||||||||||||
Латерал аппроксимантал | l/ɫ |
Бахъулеб бакӀалде багьалун, авар мацӀалъул рагьукъал гьаркьал руго:
Бахъулеб куц хӀисабалда рагъукъал рикьула 6 тӀелалде:
Гъугъал лугби гъункун рахъулел кӀутӀбузулалги дабзазул бакьулӀ бакӀалъулалги рагьукъал руго аспиратиял, ай жал абулаго акустикияб гьаракь лъугьунел (хӀухьелалде тӀадецуй), амма авар мацӀалда аспирация лезгин мацӀазде данде ккун, буго загӀипаб.
Авар мацӀалда буго гьединго рагьукъал гьаркьазул лабиализаци, гьеб букӀуна цӀиккӀаниселъ рагӀул байбихьуда, букӀине бегьула кӀиабилеб жубалдаги, киданиги данчӀваларо рагӀул ахиралда. Гургинлъарал рагьарал гьаркьазда цебе лабиализация тӀагӀуна: гъветӀ — гъутӀби (гӀ. ф.).
Авар мацӀалъул жиндирго рагӀабазул байбихьуда киданиги букӀунаро кӀиго рагьукъаб гьаракь цадахъ, лъабго яги гьелдаса цӀикӀкӀун рагьукъал рагӀул ахиралдаги рукӀунаро (къанагӀатал гьоркьоса рахъиял — н-C-р тайпаялъул комплексал: тӀонтӀро, жинжра, къункъра). РагӀуда жаниб лъабго рагьукъаб букӀуна кӀиго морфема цураб бакӀалда яги редукция лъугьараб бакӀалда: данд-базе, ханжар — хунжрул.
РагӀул силлабияб структура буго гӀадатаб, минималияб гьижадулӀ гӀуцӀараб буго цохӀо рагьаралъ (V), гьезул руго хадусел тайпабиги: CV, CVC, CVRC (гьениб R ккола кинаб букӀаниги сонорант r, l, n, m, j), тӀоцебесеб кӀигояб буго бищун гӀемер данчӀвалеб. Силлабалъул кӀал (анлаут) букӀунаро комплексияб, яни кӀиго рагьукъалъ гӀуцӀараб, комплексияблъун букӀине бегьула кода (ахир). ТӀоракӀал гьижабазул цохӀо бугеб тайпа ккола CVRC, гьенибги кодаялъул тӀоцебесеб рагьукъаблъун букӀине бегьула цохӀого-цо сонорант.
Авар мацӀалда кьабизаби буго эспираторияб; гӀемериселъ гьеб тӀаде ккола рагӀул тӀоцебесеб яги кӀиабилеб яги лъабабилеб къотӀалиде. ГӀемерисел рагӀабазулъ кьабизби букӀуна хьвадулеб, ай рагӀул бокьараб къотӀелалде тӀаде ккезе бегьулеб: гомог — гонги́л. Кьабизабилъул хьвадиялдалъун хисула лексикияб магӀна: ра́гӀи — рагӀи́, кьабизабиялъ хисизабизе бегьула грамматикияб магӀнаги: ру́гънал (гӀ. форма) — ругъна́л (ругъун рагӀул хаслъул игӀраб), лъикӀлъи́ (цӀар) — лъи́кӀлъи (масдар).
Морфологияб рахъалъ авар мацӀ ккола аглютинативияблъун, жиндилӀ фузиялъулги[10] аналитизмалъулги элементги бугеб.[11]. Элъул руго инфлексиониялги деривациониялги категорияби, жал ратӀахъулел гӀемерал суффиксаздалъунги префиксаздалъунги. Инфиксал хӀалтӀизарула класс рекъонккезабизе.
Авар мацӀалъул кӀалъал бутӀаби рикьула кӀиде групалде. ТӀоцебеселъ гъорлӀе рачуна жалго жидедаго чӀарал: цӀар, адверб, цӀарубакӀ, рикӀкӀен, верб ва адверб, кӀиабилелъ — квекулал: конюнкцияби, энклитикал, хадурегӀел, интерйектив.
ЦӀарсил категорияби авар мацӀалда руго хадусел: класс (чиясул, чӀужуялъул, гьоркьохъеб), рикӀкӀадулаб форма (цолъул, дагьлъул, гӀемерлъул) ва хӀалат: (абсолутив, эргатив, генитив, датив, инструменталис ва локативазул серияби).[12]
Класс ава мацӀалда буго лъабго; тӀоцебеселде гъорлӀе ккола бихьинчиясда хурхарал цӀарсал, кӀиабилелъ гъорлӀе рачуна чӀужуялда хурхарал. ХутӀарал цӀарсал, чӀагоялги, чӀагоял-гурелги рихьизарулел, уна лъабабилеб классалде гъорлӀе.
Класс | Жинс | Цолъул форма | Мисал | ГӀемерлъул форма | Мисал |
---|---|---|---|---|---|
I | чиясул | в | вас вачӀана | р/л | васал рачӀана |
II | чӀужуялъул | й | яс ячӀана | ясал рачӀана | |
III | гьоркьохъеб | б | чу бачӀана | чуял рачӀана |
ЦӀарсазул буго цолъул, дагьлъул ва гӀемерлъул формаби. Руго цо форма гурони гьечӀел, мисалалъе, цолъул гурони букӀунаро рокьи, сахлъи гӀадинал абстрактивиял цӀарсазул. Рluralia tantum рагӀабиги данчӀвала: кагътал (хӀай, цолъул формаялда кагъат — жинда тӀад хъвадаризе хӀалтӀизабулеб жо), цӀороберал, цӀадираби. Гьабго тӀелалде гъорлъе рачине бегьула рос-лъади, эбел-эмен гӀадал рагӀабиги. Гьенирго руго батӀи-батӀиял росабазул гӀадамазде абулел цӀаралги, щай гурелъул гьезул коррелаталлъун цолъул формаялда рукӀуна адйективал, жал топонимаздаса лӀугьарал. Гьнб гуребги, авар мацӀалда буго паукалаб, дагьлъул рикӀкӀенги,[13] жиб плуралалде жанде лъолеб,[14] хӀалтӀизабула рикӀкӀен дагьаб бугелъуб: борохь — цо, борхал — гӀемерал, борохьал — цо чанго.[15] Цо-цо цӀаразул цолъул формаялъул рукӀине бегьула цадахълъиялъул магӀнаги: гамачӀ — цо яги гӀемерал цадахъ, материал хӀисабалда.
ГӀемерлъул форма лӀугьунеб супплетивияб къагӀида бихьизабун буго чӀужу — руччаби паралда. Жибго гӀемерлъул формаялъул категория гуребги, авар мацӀалда буго дистрибутивияб гӀемерлъи бихьизабиялъул къагӀидаги (цӀарул аслу такрарлъиялдалъун): рокъо-рокъоре, рахъ-рахъалде.
Авар мацӀалда кинабниги буго 24 хӀалат, гьезул ункъго ккола гӀадатаблъун, хутӀараб 20 — бакӀалъул. ГӀадатал хӀалатазде гъорлӀе уна аслияб, жиб цӀаралъул битӀараб аслулъун кколеб, актив, хаслъул ва кьовул хӀалатал, жал хъвалсараб аслуялдаса лӀугьунел.
Авар мацӀалъул цӀарал, жидер актив игӀрабалда букӀунеб ахиралде балагьун, рикьула лъабго свериялде; I свериялъул ахиралда букӀуна -с, II свериялъул — -лъ, III свериялъул — -ца.
Адйектив ккола жиндица куц-мухъ, рижа, букӀаниги сипат-сурат жинца бихьизабулеб ва кинаб?, кинай?, кинаб?, кинал? абураб гьикъ лъезе бегьулеб кӀалъал бутӀа. Жинца роцӀцӀинабулеб рагӀухъ балагьун, адъективазул рукӀине бегьула классиялги гӀаламаталги гӀемерлъул формаги: хирияв эмен, хирияй эбел, хирияб тӀалъи, хириял тӀахьал. Цо-цо адйективазулӀ классияб гӀаламат букӀуна кьолболӀги: ворхатав, йорхатай, борхатаб, рорхатал.
Авар адйективал рикьула лъабго тӀелалде:
Суперлативлъи бихьизабизе хӀалтӀизабула аналитикияб конструкция бищун + адйектив: бищун берцинаб, бищун гъваридаб. Буго хасаб, батӀа гьабун бихьизабул форма, жиб лӀугьунеб адйективалъул гӀадатаб формалде тӀаде -аб, -ав, -ай журан: багӀарабаб, кӀудиявав. Дандекквеялъулаб хасаб форма адйективазул гьечӀо, гьеб бихьазабизе хӀалтӀизабула конструкция: цӀар-абл + адйектив: гьелдаса кӀудияб.
ЦӀарсида цадахъ бугел адйектив рекъонккола гьебгун цохӀого-цо классияб яги гӀемелъул формалда, хӀалатазде хисуларо: лебалав чи (абс), лебалав чияс (эрг), лебалав чиясул ген. Адйективазул субстантиватал, цӀар лӀугьарал, хисула чияс классалъулал — I сверуда, чӀужуялъулги гьоркьохъебги — II сверуда рекъон.
Авар рикӀкӀеназул руго хадусел тайпаби: кардиналал, ординалал, дистрибутивиял, групиял, мултипликативиял ва коллективиял. Авар мацӀалъул буго вегестималаб (къоцӀалияб) нумералаб система 40 (=2×20), 60 (=3×20) and 80 (=4×20). Цо-ялде хутӀизегӀан киналго кардиналал рикӀкӀеназде жубала энклитика -го. Журарал рикӀкӀенал лӀугьуна суффиксазул -ила (анцӀила), -ло (къоло), -алда (лъебералда, кӀикъоялда) квекудалъун.
Формалда рекъон рикӀкӀенал рикьула лъабиде:
№ | Тайпа | Суффикс | Мисалал | Гьикъ |
---|---|---|---|---|
1 | БацӀцӀадаб кьучӀ | цо, кӀи | ||
2 | Кардиналал (тӀолабго цадахъ) | -го | цо, кӀиго, анцӀго, нусго | чан? |
3 | Дистрибутивиял (цада-цадахъ боси) | Редупликация | цо-цо, кӀи-кӀи, анцӀ-анцӀ, нус-нус | чан-чан? |
4 | Коллективияб групияб (рихьизарула цвелал) | -(й)абго | кӀиябго, лъабабго, анцӀабго, нусабго | чан? |
5 | Коллективияб групияб (тӀолалъул бутӀа) | -го + -яб | цояв, кӀигояв, анцӀгояв, нусгояв | |
6 | Индефинитал (рикӀкӀиналъул роцӀцӀен гьечӀолъи) | цо-кигӀо, лъабго-ункъго, щуго-анлӀго | ||
7 | Мултипликативал (чан нухалъ букӀин) | -цӀул | цоц1ул (цин), к1иц1ул, анц1ул, нусц1ул | чанцӀул? |
8 | Ординалал (цоцада хаду-цере рукӀин) | -абилеб | цоабилеб, кӀиабилеб, анцӀабилеб | чанабилеб? |
РикӀкӀенал хӀалтӀизарула номиналияб модификатор гӀадин цӀарсазда цебе, гьедин бугелъул цӀарисги букӀуна цолъул формалда. ЦӀиккӀанисел рикӀкӀеназул буго адйективазулаб морфосинтактикияб рижа, гьезул субстантиватал хисула II-б сверуда рекъон.[16]
Авар мацӀалда руго хадусел типазул цӀарубакӀал: персоналиял (гьумералъул), демонстративиял (бихьизабул), рефлексивиял, реципрокалиял, интеррогативиял (гьикъул) ва индефинитал.[17]
Перосоналиял цӀарубакӀазул буго кӀиго гьумер: 1-себ — дун, эксклюзивияб ниж, инклюзивияб нилӀ; 2-леб — мун, нуж.
ХӀалат | 1сг | 2сг | 1пл.инкл | 1пл.экскл | 2пл |
---|---|---|---|---|---|
Абсолютив | дун | мун | нилӀ | ниж | нуж |
Эргатив | ди-ца | ду-ца | нилӀе-ца | ниже-ца | нуже-ца |
Генитив | ди-р | ду-р | нилӀе-р | ниже-р | нуже-р |
Датив | ди-е | ду-е | нилӀе-е | ниже-е | нуже-е |
Эссив | ди-да | ду-да | нилӀе-да | ниже-да | нуже-да |
Латив | ди-де | ду-де | нилӀе-де | ниже-де | нуже-де |
Аблатив | ди-даса | ду-даса | нилӀе-даса | ниже-даса | нуже-даса |
Транслатив | ди-дасан | ду-дасан | нилӀе-дасан | ниже-дасан | нуже-дасан |
Инструментал | ди-далъун | ду-далъун | нилӀе-далъун | ниже-далъун | нуже-далъун |
Лъабабилеб гьумералъе хӀалтӀизарула демонстративиял цӀарубакӀал, жал ратӀа гьарулел классалдалъун, рикӀкӀадалъун, кӀалъалезде бугеб гӀагарлъуд ва гъоркьа-тӀаса ккеялдалъун (вертикаллъи). Жалго жидедаго хӀалтӀизарулел ругони, демонстративиял цӀарубакал хӀалатазде хисула I ва II сверуда рекъон.
Чиясул | ЧӀужуялъул | Гьоркьохъеб | ГӀемерлъул | Комментарий |
---|---|---|---|---|
гьа-в | гьа-й | гьа-б | гьа-л | кӀалъалезде гӀагарда; цого борхалъи |
гье-в | гье-й | гье-б | гье-л | адресатазде гӀагарда; кӀалъалесдаса двегӀан |
до-й | до-й | до-б | до-л | кӀалъалездаса рикӀкӀад |
гьада-в | гьада-й | гьада-б | гьада-л | кӀалъалездаса рикӀкӀад |
гъо-й | гъо-й | гъо-б | гъо-л | кӀалъалездаса рикӀкӀадги гъоркьегӀанги |
гьагъа-в | гьагъа-й | гьагъа-б | гьагъа-л | кӀалъалездаса рикӀкӀадги гъоркьегӀанги |
лъо-в | лъо-й | лъо-б | лъо-л | кӀалъалездаса рикӀкӀадги эххедегӀанги |
гьалъа-в | гьалъа-й | гьалъа-б | гьалъа-л | кӀалъалездаса рикӀкӀадги эххедегӀанги |
Рефлексивиял цӀарубакӀазул, щибалъулӀ классги, рикӀкӀенги, хӀалатӀги бугеб лъабго батӀияб тип буго:
Рефлексивиял конструкциябазда рефлексивал ккола цохӀо лъабабилеб гьумералъе. ТӀоцебеселъеги кӀиабилелъеги хӀалтӀизарула персоналиял цӀарубакӀал эмфатикияб энклитик -го: дун-го, ди-ца-го, ниж-го, ниже-цаго.[18]
Интеррогативиял (гьикъул) цӀарубакӀал ккола:
Индефинитал яги баян-гьечӀе цӀарубакӀал лӀугьуна интеррогативиязул кьучӀде яги цо рикӀкӀеналде суффиксалги энклитикалги журан.[19]
Тип | ЛӀугьин | Мисал |
---|---|---|
спецификиял | -али + -го | щивалиго кинабалиго |
тӀасарищул | -ни + -ги | щибниги кибниги |
универсалал | -го[a] | щивго кибго |
дистрибутивиял | редупликаци + -ни + -ги | щиб-щибниги киб-кибниги |
негативиял | -ни + -ги[b] | щибниги кибниги |
негативиял | -го[c] | щибго кибго |
кинабголъул | -аб | щибаб |
тӀолголъул | — | тӀолабго тӀолгояв |
Авар мацӀалда вербазул руго хадусел категорияби: поларлъи (гьечӀолъи), мехх, модус, модаллъи, аспект, эвиденциаллъи. Рекъонккей буго классияб ва рикӀкӀадулаб, гьечӀо персонияб (гьумерияб). Буго цӀакъ гӀатӀидаб хисулаб система, батӀи-батӀиял финитиял-гурел формаби.[20]
Авар мацӀалъул вербал аспектияб категориялде гъорлӀе ккола фреквентативияб (такрарлъул) форма. Гьелъ жидеца цо-цо ишазул цадахълъи ялъуни цоцада хадуб ккей бихьизабула. Фреквентативазул суффиксал руго: -ар, -дар, -д, -ахъд, -де, -анхъ; гьединго фреквентативал лӀугьуна аблауталдалъунги: кӀанцӀизе — кӀанцӀезе, пирххизе — перххезе, кьабизабуца бакӀ хисунги: кӀа́нцӀана — кӀанцӀа́на.
Каузатив, яги жо гьабизе тӀами биччӀизабулеб вербалаб форма лӏугьуна инфинитив ва гьа-б-изе форма цоцалъӀиналдалъун: гьабизе — гьабизабизе, хӀалтӀизе — хӀалтӀизабизе, хъвазе — хъваз-а-б-изе.
Авар мацӀалъул фигӀлуялъул системаялда руго синтетикиял ва аналитикиял заманалъул формаби. Синтетикиязде гъорлъе ккола:
Аналитикиял формаби лъугьуна гьанже заманалъул сипат-фигӀлу (бутӀагьаби, яги причастие), араб заманалъул трансгрессив ва инфинитив «букӀине» фигӀлуялъул финитияб формагун цадахъ лъун. Аналитикиял формабазде гъорлъе уна:
Араб заманалъул формаби гьединго лъугьине бегьула гьанжеселдаса -ан суффиксалъул кумекалдалъун[21]: Дун хонжрокьа хӀинкъулаан.
Транзитивияб вербалъе букӀине ккола пациенс, жинде тӀаде агенсалъул гьабел кколеб: васас (агенс, акт. и.) кагъат (пациенс) хъвана (гьабел). Вербазда бан букӀуна агенсалъул хӀалатги. Жиб кидаго транзитивияблъун букӀунеб ккола каузативияб форма: гьабизабуна, букӀинабуна, хъвазабуна.
Интранзитивияб вербалъе къваригӀунаро битӀараб тӀадежубай, жибго агенс букӀуна абсолутивалда, гьелдего буссараб букӀуна предикатги: ихх тӀаде щвана. Кидаго интранзитивияллъун букӀуна вербазул фреквентативияб форма: хъвадарана, цӀехолдула цги.
ЦӀиккӀанисел вербазул транзитивлъи букӀин лъазе бегьула императивалда эзул букӀунеб формалда рекъон: -е суффикс бугел ккола транзитивиял (гьаб-е — гьабизе, те — тезе, къотӀе — къотӀизе), -а суффикс бугел ккола транзитив-гурел (а — ине, бачӀа — бачӀине, бега — бегизе), хӀо руго гьоркьосарахъабиги: чӀвазе, базе цги.
МагӀнаялъул рахъалъ авар адвербал рикьула хадусезде:
Цо-цо адвербал классалде, цолъул яги гӀемерлъул формалде балагьун, хисула, гьезулӀ бачӀуна -р суффикс, адйективазда гӀадин -л гуро: хадув, хадуй, хадуб, хадур.
Суал | Мисал |
---|---|
кибе? | рикӀкӀаде |
киса(н)? | рикӀкӀадаса(н) |
киб? | рикӀкӀад |
кида? | радал |
кидаялде? | радалалде |
кидаялдаса(н)? | радалалдаса(н) |
Лъугьарал наречиял ккола жал цоги каламалъул бутӀазабаздасан лъугьарал:
КьучӀ | Суффикс | Мисал | |
---|---|---|---|
ЦӀаралдаса |
|
|
|
ЦӀарубакӀаздаса |
|
|
|
РикӀкӀеназдаса |
|
|
|
Конвербаздаса |
|
|
|
Авар мацӀалда дандраял хӀалтӀизарула рагӀаби яги жумлаял дандразе; гьел рикьула чанго тайпаялде:
Дандрай | ХӀалтӀизабула | Хаслъи | Мисал |
---|---|---|---|
Цолъизарул | |||
-ги[a] | кӀиго рагӀи, ялъуни кӀиго жумла цоцазда бухьинабизе | ккола авар мацӀалъул жиндирго букӀараб дандбай; кӀиябго рагӀулъ, я жумлаялъулъ гьеб такрарлъула, ва рагӀуда рекӀун хъвала | Вас гьечӀого кавуги хутӀутеги, яс гьечӀого эбелги хутӀутеги (К.) |
ва[b] | кӀиябго рагӀулъ, я жумлаялъулъ такрарлъуларо, цохӀо нухалъ рехсон букӀуна кӀиябго жиндица бухьун бугеб рагӀулъ; хъвала батӀаго. | Гьениб Нажмудиница гьесие къого тумен кьела ва цо лъагӀелалъ бид вахъун балъго Чачаналъе витӀила (ГӀ. Ш.) | |
жеги[c] | Хъвадаро, тӀамач, жеги къаламги хӀажалъула | ||
гьединго | ГӀали, МухӀамад, гьединго дун экскурсиялъ ун рукӀинчӀо. | ||
Гьоркьоса бахъиялъул | |||
я | кӀиго рагӀи, я кӀиго жумла цоцазда данде кквезе яги гьоркьоса бахъизе | кӀиябго цоцазда данде лъолеб рагӀуда цебе лъун такрар гьабула ва батӀа тӀун букӀуна | Я нижее, я машинаялъе кӀудияб зарал ккечӀо (Р. хӀ.) |
ялъуни | Дуца гьеб иш тӀубай, ялъуни тӀаде босуге. | ||
Данде ккунгутӀиялъул дандраял | |||
амма | кӀиго рагӀи, я жумла данде ккунгутӀи бихьизабизе | Живго жинцаго чӀвазе захӀматаб амру гуро,
Амма яхӀ бугес гӀумру гӀаламалъе цӀунула (цӀ. хӀ.) | |
Релълъенлъиялъул дандраял | |||
гӀадин | цо рагӀи цогиялда релъараб букӀин бихьизабизе | жубараб нахъбиллъараб жумлаялъулъ релълъенлъиялъулаб магӀна кьола | КвачӀида бахъун чӀараб гьалагаб барти гӀадин, гӀурул лъимер, щай ралъад, мун речӀчӀанхъулеб бугеб? (М. Гъ.) |
киниги | Чед бортараб таргьа кинигин (К.) | ||
Нахъбилълъиналъул дандраялъулал рагӀаби | |||
щай абуни | Жубараб нахъбилълъараб жумлаялъулъ бетӀерабги, гьелда барабги жумла бухьине | гӀилла-мурадалъулаб магӀна кьола | Метер дарсиде рачӀуне кколаро, щай абуни метер байрам буго. |
щай гурелъул | Машина бачун бажаруларо, щай гурелъул нухда биццатаб гӀазу буго. | ||
гьелъие гӀоло | хӀасил бичӀчӀизабулеб магӀна кьола | ГӀиял магӀарде рагъарана, гьелъие гӀоло гӀи тӀобитӀизе гӀолохъаби къватӀир рахъана. | |
гьединлъидал | Микьго тӀубана, гьединлъидал нижги школалде ана. | ||
гьелдалъун | Доб мехалъ орденги цӀарги цӀакъ къанагӀатаб ва гьелдалъун къиматаб букӀана (хӀ. Р.) | ||
гьебмехалъ | заманияб магӀна бичӀчӀизабулеб магӀна кьола | МухӀамадихъе хабар щвана, гьебмехалъ гьев къватӀив вахъана. | |
гьеб заманалда | Дица университет лъугӀизабила, гьебмехалда лъугьина хӀалтӀизе |
Авар энклитикал рикьула хадусел тӀелазед:
Гьел тӀадехун рехсаразде гьорлӀе унарел бутӀаби:
ХӀадурегӀелал рукӀуна цӀаразда хадур, эз цадахъ гӀуцӀула цоккураб рагӀабазул дандбай — хадурегӀалилаб конструкция. ХӀалтӀизарула цӀикӀкӀаниселъ эссивалда цадахъ.
ЦохӀо гӀоло ккола жибгояб хадурегӀеллъун, хутӀарал формабаздалъун релълъерал рукӀуна адвербазда, хӀо хадурегӀелал рукӀуна эссивгун, цо-цо бакӀазда эб конструкциялъ хисула цогидал локативал: ганчӀида тӀад — ганчӀитӀа, ганчӀида гъоркь — ганчикь, ганчӀида аскӀоб — ганчихъ. Адвербалъун ругони эл хурхун рукӀуна предикаталда.
Жидер семантикаялда рекъон хадурегӀелал рикьула лъабго тайпаялде:[22]
Буссинабул хадурегӀелазе гьечо хӀалатазулаб аналог, гьединазе къваригӀуна эссив гуребги цогидал хӀалатал яги энклитикагун формаби: щибккун эхебе, эхеде, кисса гӀебеде, сунда квегӀиса. Цо-цо хадурегӀелазул буго хӀалатияб ва классияб форма: аскӀоб, аскӀобе, аскӀоса, аскӀосан.
Интерйекциябазде гъорлӀе уна ле, огь, я, ия, ияхӀ, вай, гьа, огьо-гьой, вала-лай, ваба-бай, гьай залин, унго, вахӀ, гьуя, гьая. Гьел рикьула хадусел групазде:
Интерйекциябилъун ккола гьединго алхӀамдули-лагь, шукру Аллагьасе! гӀадал цочӀарал фразабиги. РукӀуна гӀадаталги журалралги (гьа-гьа, ваба-бай). Цоцада хадуб чанго гьоркьоберех хъван бугони, гьезда гьоркьоб рачӀ-тӀанкӀ (лъалхъул ишара) лъола. Интерйекциябазда хадур хӀалтӀизарун ругони эклитикал, гьел рекӀун хъвала: унхале, огьха.
Авар мацӀ буго аглутинативияб, рагӀаби цоцалӀ разе хӀалтӀизарула ццӀиккӀаниселӀ жидер цо магӀна бугле суффиксал. Руго аналитикиял конструкциябиги, вербазул перфектабги континуосабги формаби лӀугьине хӀалтӀизарула квекул вербал, цӀарсазул локативиял формаби гурелги хӀалтӀизарула хадурегӀелазул конструкцияби. РагӀабазул цебе-нахъа лъей буго кьудаб, цӀикӀкӀаниселъ данчӀвала субйект–обйект–верб (SVO) ордер: лъица (S) щиб (O) гьабураб (V).
Лъица | щиб | гьабураб |
S | V | O |
Ясалъ | тӀехь | цӀалана |
S | V | O |
Цогидал данчӀвалеб хаду-цебе лъей ккола верб–субйект–обйект (VSO), субйект–верб–обйект (SVO), обйект–субйект–верб (OSV). РагӀабазул ордер бараб гӀемериселъ барабги букӀуна логикияб батӀагьи, актуалияб рикьи, тектсалъул структура гӀадал факторазда.[8]
Синтаксисалда руго бетӀер-тӀарамагъадияб ордер, жинсияб аргумент, жиб абсолутивияб аргументалдалъун роцӀцӀараб, вербазул финитиял-гурел формабаздалъун комплексияб клауза лӀугьин.[23]
ЦӀарсилаб фраза ккола бетӀер-тӀарамагъадияб, модификаторазул киналниги типал рукӀуна цӀарсида церехун: демонстративиял цӀарубакӀал, рикӀкӀеналги цогидал квантификаторалги, адйективал, генитив ва гӀахьалал клаузаби. Эзул цоцада цебе-хадур ккей букӀине бегьула кьудаб, хасго адйективаллъун ругони, ва бутӀаккун бараб фразадул семантикалда. Демонстративиял цӀарубакӀалги генитивалги рукӀуна байбихьуда, адйективазда церехун, ва гьениб хӀалтӀула принцип цебеселъ хадусеб роцӀцӀинабулеб. Адйективал, релативиял клаузаби яги генитивиял модификаторал рукӀине бегьула бетӀералда хадубги: кӀиго квацӀи тӀугьдузул бетӀана.[24]
Авар мацӀалда раги лъугьунеб къагӀидаялде гъорлъе уна морфологияб, рагьарал хиси (аблаут), сифатазул ва сифат-фигӀлабазул субстантивация, рагӀиккун буссинаби,[25] рехсон буго гьединго метатония, жиб цо-цо рагӀабазулъ гурони данде чӀвалареб.[26] Суффиксация буго бищун гӀемер дандчӀвалеб рагӀи лъугьиналъул къагӀида; цӀарал лъугьиналъул бищун кӀвар бугеблъун рикӀкӀуна аслу жубай[27].
Аслиял суффиксазде гьоркьоре уна:
Авар мацӀалда буго рагӀи хисулеб конверсиялъулаб форма, гьеб бихьизабун букӀуна лексемаздалъун: гӀалилав, бахӀарай, рекӀарав. Гьеб ккола тӀубараб субстантивация, амма гьеб гуребги дандчӀвала тӀубараб гуреб ва окказиалияб субстантивация.[31]
Синтаксисгун-морфологияб къагӀидаялдалда лъугьуна жубураб рагӀи, ай кӀиго рагӀи тӀатӀалде жубан. Гьединал журарал рагӀабазул авар мацӀалда буго 30-гӀанасеб тайпа; гьезда гъорлъ:
Гьел цере рехсарал гурелиги руго рагӀаби лъугьунел къагӀидаби: семантикиял рахъалъ гӀагар рагӀаби журан лъугьарал фигӀлаби лъугьинари, рагьарал гьаркьал хиси (рикӀкӀин — рикӀкӀен, квин — квен) ва калькирование — батӀиял мацӀазул рагӀаби авар мацӀалде рагӀиккун руссинаби: маххул нух (гӀур. 'железная дорога'), цеберагӀи (гӀур. 'предисловие')[32].
Авар мацӀалъул гӀизагӀанго бечедаб лексика буго. Киназего гӀахьалаб лексикалъул, ай жал адабияталъул мацӀалъул кколел, жал щулаго ва халатаб заманалъда ругеб, жидедеса цӀиял рагӀаби лъугьинеги рес бугел рагӀабазде гьоркьоре уна инсанасул черхалъул, лугбузул цӀарал (квер, бер, кӀал, мегӀер, гӀин ва гь. ц.), хъизаналъул ва гӀагарлъиялъул цӀарал (вац, яц, эбел, эмен, вас, яс, вацгӀал, яцгӀал, чӀужу, рос ва гь ц.), хӀалтӀул цо-цо алатазул цӀарал (пуруц, рукь, хъухъадиро, квартӀа, гъецӀ ва ц.), тӀорщалил ва пихъазул цӀарал (ролъ, цӀоросоролъ, пурчӀина, гӀеч, гени, курак, цӀибил, цӀулакьо ва ц.), рукъалъул ва цо-цо гмалхул хӀайваназул цӀарал (гӀака, оц, цӀцӀе, чу, хӀама, куй, кету, гьой, гӀанкӀ, цер, бацӀ ва ц.), хӀинчӀ-гъедуялъул ва хӀутӀ-хъумуралъул цӀарал (гъеду, цӀум, микки, цӀунцӀра, тӀутӀ, оцхӀутӀ ва ц.), кванил тӀагӀамазул цӀарал (чед, хинкӀ, лъим, гӀатӀ, рахь, нису, нах, гьан, гьоцӀо ва ц.), мина-къаялъул, рукъалъул цӀарал (рукъ, гордо, нуцӀа, тӀох, хӀуби, чӀалу, рахи, къед, бокь ва ц). Гьединго авар мацӀалъул жиндирго рагӀабилъун ккола цӀарубакӀал (дун, ниж, нилъ, мун, дов, ав, щив ва ц), рикӀкӀенал (цо, кӀиго, лъабго, ункъго, щуго, анлъго, анкьго, микьго, ичӀго, анцӀго, къого, лъеберго, нусго, азарго ва ц.). Киназего гӀахьалал рагӀаби авар мацӀалда руго цо хасаб пиша-махщелалда хурхаралги.
Авар мацӀалъул жиндир цебетӀеялда жаниб цогидал мацӀалгун гӀемерал хурхенал рукӀанлъ авар лексикаялде рачӀана цогидал мацӀазул гӀезегӀан рагӀаби. Аслияб къагӀидаялъ, къватӀисеб лексика бачӀана авар мацӀалде гӀараб, парс, тюрк ва гӀурус мацӀаздасан (ай цоги мацӀаздаса гьездеги рачӀун, гьездласа аваралде щварал), цӀакъго некӀсияб къватӀисеб лексика буго гуржи мацӀалдасан бачӀараб. Гьанжесеб заманалда цӀияб лексика буго ингилис мацӀалдасаги бачӀараб.
Классификация | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
| |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Цогидал дагъистаниял мацӀазда гьоркьоб авар мацӀ ккола жиндир цӀакъ гӀемерал диалектал (свералаби) ругеблъун. Цоцадаса батӀиял гьел киналниги диалектал рачуна кӀиго тӀадгаруде гъорлӀе: хьондсаселдеги бахъдаселдеги. ТӀоцебеселда буго лъабго цоцае гӀагараб сверел, гьоркьоб батӀалъиги дагьаб, лексикиябгин морфологияб рахъалъ литературияб мацӀалдеги гӀагараб. Гьединго хьондасеб тӀадгарулӀ батӀаго бугеб вариантлъун ккола болмацӀ. Бакъдасеб тӀадгарулӀе уна 12 цӀакъ бикь-бикьараб сверел, жал стандарталдасаги батӀиял, жидедаго гьоркьобги цӀиккӀараб батӀалъи бугел.
Хьондасеб тӀадгарул свералаби руго хундерилаб яги централаб, жиндир ареалалъ кколеб Хунзахъги Онсокологи мухъал, бакъаккул (Хьаргаби, Леваша, Шурагьиб мухъал) ва бакътӀерхьул (Бакълъул, НахъбакӀ, ЦӀумада, ЦӀунтӀа мухъал). Гьезул батӀалъидулӀ буго хундерил свералида уди (цӀикӀкӀаниселъ /u/ хӀалтӀизаби), нахъбакӀазул свералида оди (цӀикӀкӀаниселъ /o/ хӀалтӀизаби), /p/ гьаркьил бакӀалда /h/ хӀалтӀизаби, интервокалияб позициялда зирараб билабиалаб плозив /b/ тӀагӀин. Хундерил свералида класс бихьизабулел маркерал тӀагӀи, халатал рагьарал рукӀин. БакътӀерхьул свералида континуосалъул конструкциялда партиципалъул бакӀалда вербил гьанжесеб меххияб форма хӀалтӀизаби.
Бакъдасел тӀадгарул свералаби рикьула чанго групалда. Гьид-ГӀандал къокъадулӀ руго гьедерилги (Шамилил мухъ) гӀандалазулги сверел (Гъуниб мухъ), Анцухъ-Къаракъ-ЦӀор групалде уна анцухъдерилги (ЛъаратӀа мухъ), гьочотӀисезулги (Рутул мухъ), къаралазулги (ЧӀарада мухъ), закаталисезулги (ЦӀор) свералаби. Гьединго батӀаго ругел свералаби ккола бецӀдерил, гӀунтӀадерил, щулелъдерил (Гъуниб мухъ). Журарал диалектал руго бакълъухъезул, къелдерил, къехӀдерил (Шамилил мухъ). Гьел диалектазул буго цӀиккӀараб батӀалъи стандарталдаса. Фонетикияб рахъалъ, гьел диалектазда гьечӀо цо-цо стандартиял рагьукъал гьаркьал, яги руго стандарталдаго гьечӀел, мисалалъе, зирарал аффриката. ГӀезегӀанго батӀалъи буго морфологияб ва лексикияб рахъаздаги.
Диалектазул гьединаб батӀалъи букӀиналъ, литературияб мацӀалъул буго хасаб ва кӀвар цӀиккӀараб рол гьел каналниги диалектазда кӀалъалел цолъизарулеб. Гьединго авар литературияб мацӀ буго лингва франкалъун гӀандиязеги цӀунтӀиязеги.
{{cite web}}
: Check date values in: |access-date=
(help)
Так как Аварцы составляли всегда самое сильное племя в горах, всегда занимали средину Дагестана, то и язык их сделался господствующим между обитателями описываемого края. Почти все горцы умеют говорить по-аварски и употребляют этот язык при изустных сношениях между собою.
{{cite book}}
: CS1 maint: bot: original URL status unknown (link)
{{cite web}}
: Check date values in: |accessdate=
(help)
{{cite book}}
: CS1 maint: location missing publisher (link)
{{cite journal}}
: Cite journal requires |journal=
(help)