Ахалсихъ, Ахалцихье (гуржи: ახალციხე [ɑxɑltsʰixɛ], рагІиккунго "цІияб хъала"; цебе букІараб Ломсия, гуржи: ლომსია) Гуржистаналъул жанубиябгин бакътІерхьул Самцхе–Джавахети вилаяталда (мхаре) бугеб гьитІинаб шагьар, гьеб вилаяталъулги Ахалсихъ муниципалитеталъулги административияб марказ.
Гьелъул чІелбакІ буго гьитІинаб Поцхови гІоралъул (Кор гІурул гІаркьел) кІиябго рагІалда, гьелъ шагьар бикьула кІиго бутІаялде: басрияб шагьар шималияб рахъалда ва цІияб шагьар жанубалда. Шагьаралъул басрияб рахъалда буго IX гІасруялъ бараб ва гьанже глобалияб реконструкцион гьабураб Ахалсихъ хъала (РабатІ). Шагьаралда буго театр.[1] Шагьаралдаса 28 км-ялъ добегІан буго Абастумани курорт.[1] РабатІ хъалаялдаса рикІкІад гьечІого буго тІабигІияб термалияб лълъел ицц.[2]
XVIII гІасруялъул 70-лел соназда Джавахетиве щварав герман сапарчи Иоганн Антон Гюльденштедтица рехсолеб буго Ахалсихъ ва цогидал мадугьалихъал бакІазда «…гІумру гьабун руго гуржиял, жал жидерго мацІалда жеги кІалъалел рукІаниги, турказул кверщаликь рукІиналъ насранияб диналдаса руссун бусурбабилъун рахъарал»—илан абун.[3]
Сон | Гуржиял | Эрмениял | Славянал | ЖугьтІал | Цогидал | ГІаммаб | |||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
1886 | 2 733 | 17 % | 10 417 | 64.6 % | 146 | 0.9 % | 2 545 | 15.8 % | 275 | 1.7 % | 16 116 |
1897[5][6] | 3 578 | 23.3 % | 9 035 | 58.8 % | 1 172 | 7.3 % | 438 | 2.9 % | 1 134 | 3.4 % | 15 357 |
1926[7] | 1 817 | 14.8 % | 6 516 | 52.9 % | 1 425 | 11.6 % | 94 | 0.8 % | % | 12 310 | |
1959[8] | 6 801 | 25.7 % | 14 341 | 54.1 % | 3 509 | 13.2 % | 368 | 1.4 % | % | 26 497 | |
1979[9] | 5 714 | 29.2 % | 10 278 | 52.5 % | 2 208 | 11.3 % | 337 | 1.7 % | 1 050 | 5.4 % | 19 587 |
1989 | 24 570 | ||||||||||
2014[10] | 12 838 | 71.7 % | 4 781 | 26.7 % | 75 | 0.4 % | 11 | 0.06 % | 198 | 1.1 % | 17 903 |
БЕЭР-алда рекъон 1891 соналъ халкъалъул къадар букІун буго 13 265 чи.[11] Россиялъул империялъул 1897 соналъул тІолго халкъалъул къадар хъваялъул баназда рекъон Ахалсихъ гІумру гьабун вукІун вуго 15 357 чи (хъвай-цІали бугел — 6 097 чи яги 39,7 %).[12][13] Гьезул, чи.:
Шагьаралъул халкъалъул къадар 2016 соналъул январалда букІана 14 000 чи[14], 2014 соналъул январалда — 20 000 чи [15], 2002 соналда — 18 500 чи[15], 1989 соналъул январалда — 24 570 чи.[16]
Шагьар тІоцебесеб нухалъ рехсон буго XII гІасруялъул тариххъваязда. Гьеб заманалъ буго шагьаралъе кьучІ лъун Гуржистаналъул парччахІлъиялда. XII–XIII гІасрабазда гьениб букІана Ахалцихели рукъалъул Самцхе (Саатбаго) таватлъиялъул бутІрузул (атабегал) резиденция. XIV гІасруялдаса XVI гІасруялъул 80-лел соназде щвезегІан Ахалсихъ букІана Месхети вилаяталъул маданияталъул, сиясаталъул ва экономикаялъул центерлъун ва Джакъели тухум-кьибилалъул атабегазул резиденциялъун.
Шагьаралде тІаде кІанцІун рукІана жидер заманалда магъулал, ираниял ва тюркал. 1579 соналъ шагьар ккана ГІусманияб империялъул кверщаликье, гьеб гьабуна пашаясул резденциялъун. 1628 соналдаса шагьар лІугьана ГІусманияб империялъул Ахалсихъ эялеталъул марказлъун (Агьиска).[17]
1828–1829 соналъул гІурус-турк рагъул заманалъ, 1828 соналъул августалда Ахасихъалъул къадазукь лІугьана рагъ 9-азараб генерал И. Ф. Паскевичил ва Киос-МухІаммад-пашал гІаммаб бетІерлъиялда гъоркь бугеб 30-азараб турк аскаразда гьоркьоб. Турказул аскар къезаруна ва гьел нахъекъана, гьелдаса хадуб гІурус аскаралъ кверде босана хъала. 1829 соналъ хІалбихьана хъала бахъизе. Генерал Бебутовасул нухмалъиялда гъоркь Ахалсихъ хъала цІуни халатбахъана 2829 соналъул 20 фебруаралдаса 4 марталде щвезегІан. ТІоцебесеб гьужум нахъчІвайдал, гарнизоналъ щулалъи ккуна жеги 12 къоялъги, гьелдса хадуб тІаде гІунтІана кумек, жинца туркал нахъе къазе тІамураб. 1829 соналъ Адрианополалъул къотІи-къаялда рекъон, шагьар щвана Россиялъул империялъе; цин гьеб букІана Кутаиси губерниялда, хадуб Туплис губерниялда гъорлІ
Ахалсихъалда ва Аспиндзаялда гьоркьоб бугеб борхатаб мугІрулаб бакІ буго батІи-батІиял бакІазда, борхалъиязда ва топографиялда ругел батІи-батІиял археологиял объектазул дандегьаби. Гьелъ гъорлІе бачуна Кор гІоралъул аллювиалияю гІурумухъ ва кинабниги нух рорхатал гІурабазде.
Инсанасул пиша букІиналъе нугІлъи гьабун буго цебесеб мазгарул гІасруялдаго (4 азарсон н. щ.) ва хаду-хадубги. Румалъул ва гьоркьохъел гІасрабазул артефактал гьединго ругог гьеб мухъалда гІатІидго дандчІвалел.
{{cite web}}
: Cite has empty unknown parameters: |subtitle=
, |description=
, |deadlink=
, ва|coauthors=
(help); External link in |publisher=
(help)
{{cite web}}
: Check date values in: |access-date=
(help)
{{cite web}}
: Check date values in: |access-date=
ва|archive-date=
(help); Unknown parameter |deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help)
{{cite web}}
: Check date values in: |access-date=
(help)
{{cite web}}
: Check date values in: |access-date=
ва|archive-date=
(help)
{{cite web}}
: Check date values in: |archive-date=
(help)
{{cite web}}
: External link in |publisher=
(help); Unknown parameter |deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help)
{{cite web}}
: Unknown parameter |deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help)