АхІмос I егип. jꜥḥ ms(j.w) | ||||||||||||||||||
![]() | ||||||||||||||||||
I АхІмосил статуялъул бутІа, Метрополитеналъул искусствоялъул музей. | ||||||||||||||||||
|
||||||||||||||||||
Цеве вукІарав | Камос | |||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
Хадув вачІарав | АменхІотеп I | |||||||||||||||||
Ирсилав | АхІмос-Сипаир†, АхІмос-ГІанх†, АменхІотеп I | |||||||||||||||||
Период: | ЦІияб ханлъи | |||||||||||||||||
Наслу: | XVIII Наслу | |||||||||||||||||
Хронология: | * 1550—1525 н. щ. (25 сон) — Ю. фон Бекератида рекъон
| |||||||||||||||||
Титулал | ||||||||||||||||||
Преномен: |
nb-pḥtj-Rˁ | |||||||||||||||||
Номен: |
Ḏḥwtj-msj(w) | |||||||||||||||||
Хор цІар: |
ˁȝ-ḫprw | |||||||||||||||||
Небти цІар: |
twt-mswt | |||||||||||||||||
Меседил цІар: |
ṯz-tȝwj | |||||||||||||||||
Гьавуна: | гІ-ш.1559 н. щ. | |||||||||||||||||
Хвана: | 1524 н. щ. (35 сон?) Уасет, Египеталъул цІияб ханлъи | |||||||||||||||||
Вукъараб бакІ: | Хоб-рукъ батун гьечІо. Жибго мумия батана Дейр-ал-Бахриялда балъгояб рокъоб. | |||||||||||||||||
Наслу: | XVIII Наслу | |||||||||||||||||
Эмен: | Секъененра ТагІа | |||||||||||||||||
Эбел: | АхІхІотеп I | |||||||||||||||||
Лъади: | АхІмос-Нефертари, АхІмос-Ситкамос, АхІмос-ХенуттамехІу | |||||||||||||||||
Лъимал: | АхІмос-Меритамун АхІмос-Ситамун Сиамун АхІмос-гІанх АменхІотеп I Рамос ятизе бегьула Мутнофретги | |||||||||||||||||
Миллат: | Египтянав | |||||||||||||||||
Дин: | НекІсияб Египеталъул дин | |||||||||||||||||
Рагъул пиша | ||||||||||||||||||
Рагъул цІар: | Египеталъул киналго аскаразул цевехъан | |||||||||||||||||
Рагь: | Гъоркьияб Египет эркен гьаби, гиксосазде данде рагъал | |||||||||||||||||
АхІмос I (егип. jꜥḥ ms(j.w), абулеб къагІидаялъул реконструкция /ʔaʀaħ'ma:sjə/ (ЕГь), Египтологиялда цІалулеб къагІида АхІмос, цо-цо хъвалеб къагІида Амосис I, "Аменес" ва "АахІмес", цІаралъул магІна «ИахІ (моцІ) бижана»[2][3]) — НекІсияб Египеталъул пиргІавн ва XVIII наслуялъе кьучӀ лъурав. Гьев ккола Васеталъул къиралзабазул наслуялъул чилъун, II СекъененрагӀ ТагІал васлъун ва XVII наслуялъул ахирисев пиргІавн Камосил вацлъун. АхІмосил кІудияв инсул ва инсул ханлъиялъул заманлада, Васет данде бахъана Гъоркьияб Египеталда кверщел гьабун рукІарал гьиксосазде данде. Гьесие анкьго сон бугеб мехалда, чІвана гьесул эмен,[4] гьелдаса лъабго сон индал, лъалареб гІиллаялдалъун хвана гьесул вац Камосие, жинца хӀакимлъи лъабго соналъ гурони гьабичІев. АхІмос I бетӀерлъуде вачІана вац хун хадув,[5] 10 сон бугеб мехалъ, ва коронациялдаса хадуб гьесие кьола цІар nb-pḥtj-rꜥ «Рал къуватлъул бетІер» абураб магІна бугеб.
Жиндир къираллъиялъул заманалда жаниб, АхІмосица рагІалде бахъинабуна гьиксосазде данде гьабулеб букІараб рагъ, гьелги щущахъ риххизарун, эркен гьабуна гьездаса Гъоркьияб Египет, Васеталъул нухмалъиялъукье бачана тІолабго Египет, гьелъул кверщаликье нахъруссинаруна жиндирго рукІарал Нубия ва КанагІан.[5] Хадуб АхІмосица гьабулна пачалихъияб администрациялъул реорганизация, рагьана магІданал рахъулеб цІиял бакІал, даран-базаралъе нухал ва байбихьана Гьоркьохъеб ханлъиялъул заманалдасаго гьарурел рукІинчІел архитектуриял проектал рай. Гьеб хІаракаталъул заваллъун ккана египтяназ ахирисеб пирамида бай. АхІмосица бетӀерлъи гьабиялъул заманалда кьучӀ лъуна Египеталъул къуват ва цебетІей бахараб империялъе.
I АхІмосил хӀакимлъиялъул заманалъе гьабизе бегьула гІезегІан мухІканаб къо-моцӀ чӀезаби гьесул ирсиласул заманалда букІараб Сириусалъул гелиактикияб баккиги хІисабалде босун, амма гьелда хадуб балагьи гьабун букІараб бакІалда хурхун бахІсал рукІиналъ, I АхІмосил хӀакимлъиялъул заманлъе батІи-батІиял иццазда рекъон рихьизарулел санал руго 1570–1546, 1560–1537, 1551–1527 ва 1539–1514 нилӀеде щвелалде.[6][7][8] Манефоница АхІмосил къираллъиялъе кьола 25 сонги 4 моцІги[6] (амма Манефоница наслуялъул тІоцевесев пиргІавн "Тетмосис" абураб цІаралда рехсон вукІиналъ, батизе бегьулеб жо буго гьес батІияв рехсолев вукІин). Гьеб тарих ритуІхъ гьабула Тураялъул гамачІ бахъулел бакІазда батараб хъвай-хъвагІиялъ, жинда АхІмосил ханлъиялъул "22 сон" рехсон бугеб.[9] АхІмосил мумиялъул гьабураб медикияб хал-шалалъ чІезабуна гьев гІ-ш. 35 сонил гІужалда хвей, гьелъ ритІухъ гьабула гьес 25 соналъ хӀакимлъи гьаби (гьев 10 сон бараб мехалъ ханлъуде вачІинги хІисабалде босун).[6] Гьесул къираллъиялъул байбихьялъе радиокарбониял къо-моцІазул диапазон чІезабуна 1570–1544 н. щ., гьезул гьоркьохъеблъунги ккола 1557 н. щ.[10] Артур Вейгаллида рекъон, I АхІмосил къираллъиялъул заман ккола гьединго 25 сон (1576–1551 сс. н. щ.).[11]
АхІмосил къираллъиялъе батІияб заманалъул къотІел (1194–1170 н. щ.) бихьизабуна Давид Ролица,[12] амма гьеб нахъчІвана гІемерисел египтологаз 2010 соналъ радиокарбонияб анализалъул хІасилалъул публикация гьабилалдего.
Васеталда ругел пиргІаназдаги ва гьиксосазул къирал Апепида гьоркьоб рагъ байбихьана I АхІмесил эмен СекъененрагӀ ТагІал заманалда ва лъебергогІан соналъ халатбахъана, гьеб рагъ, гьиксосалги щущахъ риххизарун, лӀугІизабуна I АхІмосица. РикІкІуна СекъененрагӀ ТагІа гьиксосазулгун рагъулӀ чІванин абун, гьелъие хІужжалъун буго гьесул мумялда ругел гІемерал къотІарал ругънал. СекъенерагӀ ТагІал ирсилав, Камос (АхІмосил кІудияв вацлъун ватизе бегьула), лъалеб жо, чанго нухалъу тІаде кІанцІана гьиксосазул тахшагьар Аварисалда сверун ругел ракьазде[4]. Камосил къираллъи къокъаб букІун батизе буго, щай гурого гьесул бетӀерлъиялъул жиндие хІужжаби ругеб сонлъун кколеб буго 3-абилеб сон. Гьев хисун вачІана I АхІмос. Гьебго заманалда хун ватизе вуго Апепиги. КІиго канагӀаниязул цІар — Аусерра ва Акъениенра — жал тарихиял иццазда Апепие рехсон ругел, ккола цого къираласул цІараллъун, гьел хІалтІизарулаан АхІмосил тушбабаз батІи-батІияб заманалда жаниб.
I АхІмос бетӀерлъуде вачІана жеги лъимерлъуда вукІаго, ва гьев балугълъиялде вахинегІан, регентлъун йикІана гьесул эбел АхІхІотеп. Египеталъе нухмалъи гьабулеб букІараб заманалъ гьелъул рукІарал ролазул (гьенибго хІурматияб титул "Египеталъе нухмалъи гьабуей") сипатазда рекъон, АхІмос балугълъиялде вахиналде, гьелъ Васеталъул аристократия консолидатинабула. ХІакъикъаталда, Апепи II вукІун ватани I Апепил ирсилавлъун, гьев АхІхІотепица регентлъиялъул заманалда Дльтаялде нахъе къазавула, гьелъи хІужжалъунги буго Бубастис шагьаралдаса жанубияб рахъалдехун цониги монументазда гьесул цІар тІокІалъ гьечІолъи[13]
Гьиксосазда тІад бергьенлъи босун хадуб, АхІмосица байбихьана Шамалда ва Нубиялда рагъул кампаниял. Гьесул 22-абилеб соналъул кампания щола Шамалда бугеб Джахи абулел ракьалде ва, батизе бегьулеб жо, Фурат гІоралде щвезегІанги, амма гІемерисеб Фурат гІоралде щвезегІан рагъул сапарал гьарурав пиргІанлъун рикІкІуна Тутмос I. БукІаниги, АхІмосица кверщаликье рачуна Къедем абулеб бакІги (рикІкІуна Библосалда аскІоб букІанин абун) ва гьелде щвезегІан ругел ракьалги, гьелъие нугІлъи гьабула гьесул хъизан АхІмос-Нефертарил хоб-рокъоб батараб остраконалъ.[14] Гьеб кампаниялъул киналниги лъугьа-бахъинал мухІканго лъалел гьечІо, щай абуни информациялъул аслияб иццлъун вукІараб Ибанал вас АхІмосица, жив рагъулаб флоталда хъулухъалда вукІарав, гьеб ракъдада гьабураб рагъул сапаралда гІахьаллъи гьабичІолъиялъ. Амма Шималияб КанагІаналда гьарурал археологиял рухъа-хъваязда рекъон абизе бегьула н. щ. XVI гІасруялда АхІмосида ва гьесде гІагарал ирсилазда ракІалда букІанин КанагІан бахъизе гуреб, амма гьиксосазул хІакимлъи тІубан тІагІинабизе. Гьенир гІемерисел бакІал гьеб заманалда чІунтизаруна ва чІорого гьарун руго ва хадур цІи гьарун гьечІо — гьеб хІалтІи ракьал рахъизе ва мукІур гьаруразда тІад магъало лъезе ракІалда бугел пиргІавназ гьабулароан.[15]
I АхІмосица Нубиялда гьарурал кампаниязул документация гьабун буго дагьабги лъикІ. ТІоцебесеб Нубиялъул кампания лӀугІун гІемерго заман иналде, Аата абун жинда цІар бугев нубиясул бетІерлъуда гъоркь байбихьула нубиял АхІмосиде данде рахъин, амма гьел гъурула. Гьелдаса хадуб Уасеталде данде чІарав египтянас, Течен абун жинда цІар букІав, Нубиялда ракІарула пиргІавнасде данде гІемерал чагІи, амма гьелги гъурула. АхІмосица Египеталъул Нубиялда тІад букІараб кверщел букІадахъин гьабула, гьеб цІуни ва гьелда хадуб хал кквей тІалъула Бухеналда гьабураб цІияб административияб марказалда.[16] Батизе буго, Египеталъул Нубиялда тІад миллияб хІакимлъи гьабун хадуб, АхІмосица жиндие ва жиндаса цере рукІарал пиргІавназе кумек ва квербакъи гьарурал амирзабазе ва гьезул тухумазе шапакъатал гьари.[17]
АхІмосил заманалда, ТІасияб ва Гъоркьияб Египет цІидасан цолъидал, байбихьана монтументал разе ва гьунарлъиялъе квер бакъи гьаби. Документазда рекъон, АхІмосица кинабниги пачалихъалъе тІаде бачІунеб бечелъиялъул 10 бутІа гьабун цо бутІа буссинабуна магІбадазде ва илагьазе лъаглъи гьабиялъе,[18] монументал рай цІи гьабиялъе ва искусство цебетІеялъе. Гьиксосазда тІад бергьенлъи боси АхІмосил къираллъиялъул ахиралда гІадин букІиндал, гьесул монументал ралел проектазул халалъи букІана 7 соналдаса цІикІкІинчІеб,[19] ва гІемерисел гьес разе байбихьарал монументал рагІалде рахъинарун ратизе бегьула гьесул вас ва ирсилав I АменхІотепица.[20]
Гьесул къираллъиялъул заманалда устарзабаз гьарурал хІалтІаби руко цебе букІараб кІиабилеб хиси ккараб заманалъул хІалтІабаздаса дагьалги мухІканал, амма цо-цо Басрияб ва Гьоркьохъеб ханлъиялда гьарурал махщалилал хІалтІабаздаса къурал[21]. Египетги цолъизабун, Нубиялда тІад кверщелги гьабун хадуб, египтянязе щола ТІасияб Египеталдаса щоларел рукІарал сурсатал. Нубиялдаса бачІине байбихьула месед ва гІарац, лазурит гьоркьохъеб Азиялъул батІи-батІиял бакІаздаса, кедралъул цІул Джубайлалдаса[22]. Синаялда рагьула СарабитІ ал-Хадималда пируз бахъулел бакІал[23]. Криталда ва Египеталда гьоркьор рукІарал хурхеназул хІакъалъулъ мухІканго лъалеб гьечІо, амма цо-цо Криталда хурхарал суратал ратана гьеб заманалъул монументазда, ва Египеталъ рикІкІунаан Эгей рагъдал регион жиндирго империялъул бутІалъун[22]. АхІмосица цІидасан рагьула Тураялда монументал разе хІалтІизабулеб гачилгамачІ бахъулеб бакІ; гьениб батараб хъвай-хъвагІиялда рекъон, гьениса гамачІ баччизе хІалтІизарулаан Финикиялдаса оцал.[24]
АхІмосил ханлъиялъул заманалъул искусствоялъ такрар гьабула Гьоркьохъеб ханлъиялъул заманалъул ханзабазулаб Уасеталъул стиль[28], гьеб заманалъул стеллабазул руго цого сипатал[23]. Гьелъ бихьизабиулеб батизе буго консервативияб тенденция гьиксосазда цебесеб периодалъул модаялде бугеб. БукІаниги, живго I АхІмосил абун идентификация гьабураб статуя буго лъабго: цояб — шабти, цІунун буго жакъа къоялъ Британиялъул музеялда, гьеб статуя рикІкІуна АхІмосил хоб-рукъалъуса бугин абун, амма хоб-рукъалде тІаде археологал жеги ккечІо; ва кІиго статуя гІадамасул борхалъиялда гьабураб, гтезкл цояб буго Нью-Йоркалъул Метрополитен музеялда, цогидаб — Хартумалъул музеялда[28]. Шотландиялъул миллияб музеялда бугеб гачилганчІил гьабураб сфинксалъул статуя, стилалде балагьун, гьединго рикІкІуна I АхІмосил бугин абун[29]
РикІкІуна I АхІмосил заманалда Египеталда байбихьанин цІвер гьаби цебе тІезе абун. ЦІвералъул бищун басриял мисалал ратизе руго фаянс гьабулаго дефект лъугьарал жаллъун, жибго цІвер гьаби букІичІо XVIII наслуялде щвезегІан. Гьеб заманалъул бищун басриял цІвералъул маххазда руго АхІмосил ва АменхІотепил цІарал, ва хъвай-хъвагІиялъул къагІида буго гьезул ханлъиялъул заманаялъ букІараб къагІидаялда релъараб[30]. ЦІвер гьаби I АхІмосиде щвелалде букІунги батичІони, тІоцересел цІорол тІагІалабазе датировка I АменхІотепил заманалдаса кватІунги гьабичІони, цІвер гьаби ургъун батизе буго цо чияс[30].
АхІмосица байбихьула кІиабилеб хиси ккараб заманалде щвелалде гьарулел рукІарал архитектуриял проектал гьари цІи гьабизе. Улкаялъул жанубияб рахъалда байбихьула магІбадал гьаризе, аслияб къагІидаялъ кирпичазул, гьединеб цо магІбад бан буго Нубиялъул Бухен шагьаралда. ТІасияб Египеталда Карнакалда бугеб Амунил ва Арманталда бугеб Монтул магІбадал тІадего рана[23]. Тураялда бугеб хъвай-хъвагІиялда рекъон[24], АхІмесица хІалтІизабулаан хъахІаб гачигамачІ ПтахІие магІбад базеги ва Амуние жанубиял "хІарем" базеги, амма гьеб кІиябго проект лъугІизабичІо[23]. Абидусалда жиндирго кІодоэбел Тетишерие бана кенотаф.
Аварис шагьар букІараб бакІалда Манфред Битакица гьарурал археологиял рухъа-хъваяз бихьизабуна I АхІмосил гьиксосазул шагьаралъу бакІалда бараб кІалгІа букІин. Битакида батана Миноялъул фрескабазул бутІаби, жал кІалгІаялъул къадазда ккун рукІарал; рукІана гІемерал батІи-батІиял пикраби Эгейялъул цивилизациялъул даран-базаралдаги искусствоялдаги букІараб ролалда хурхун[31].
АхІмоосил ханлъиялда, Уасет шагьар, Гьоркьохъеб ханлъиялъул байбихьуда гІадин, цІидасан лъугьуна тІолго Египеталъул тахшагьарлъун. Гьедин гьеб шагьар лъугьуна цІигьабураб ватІанчилъияб хъулухъалъул центрлъун, хІажаталлъун лъугьана къаламчагІи ва лъай бугел, ханхабазул архивал цІезе байбихьана такърираздалъун ва хІисабаздалъун[32]. Уасет тахшагьарлъун бищиялъе гІиллалъун букІун батизе ккола гьелъу бугеб бакІ стратегиялъул рахъалъ лъикІаб букІин: гьеб букІана пачалихъалъул бакьулъ, гьенисан гьаруна АхІмосица рагъал шималияб рахъалда гьиксосазде, жанубияб рахъалда хІабашиязде данде, ва хадубги, гьеб кІиябго рахъалде рагъул сапар гьаризе санагІалъи букІин[18].
Бищун кІвар бугеб хиса-баси ккала динияб рахъалдаги: Уасет шагьар байбихьана лъугьине пачалихъалъул сиясатияб гуребги динияб центрлъунги, бакІалъул илагьлъун вукІарав Амун, жинда АхІмосица гьиксосазда тІад ккурал бергьенлъаби хурхинарурав, байбихьана лъугьине тІолго египеталъул илагьлъун. Карнакалъул магІбадалъул комплексалъул (жиб Уасеталъу шималияб рахъалда Нилалъул бакъбаккудехун бугеб рагІалда букІараб) кІвар цІикІкІине байбихьула, цебе букІараб Ра илагьасул культ, жиндир аслияб бакІ Гелиополалда букІараб, загІиплъула[33].
Карнакалда чанго стела, жидеда тІад АхІмосица гьарурал хІалтІабазул хІакъалъун хъвай-хъвагІиял ругел, гьезул кІигоялъ АхІмос вихьизавун вуго магІбадалъул вакиллъун. Цояб стелаялда, жиб "бураналъул стела" абун машгьураб, рехсон буго АхІмосица жинда цере рукІаразул кІудияб бураналъ риххизарурал пирамидаби цІи гьари[34]. Цо-цо гІалимзабаз рикІкІуна "Бураналъул стелаялда" рехсон бугеб кІудияб бураналъ пирамидаби риххизари рикІкІуна Миноялъул вулкан кІанцІиялда хурхараб бугин абун.
АхІмос вукІана Уасеталъулаб XVII наслуялъул чилъун. Гьесул кІудияв эмен Сенахтенра АхІмосиил ва кІудияй эбел Тетишерил рукІана анцІила кІиде гІунтІун гІемерал, гьезул Секъененра ТагІал ва I АхІхІотепил васлъун ккола Камос ва АхІмос I, гьезул йикІана цо чанго яцги[35]. ГІадаталда рекъон, АхІмосица ячуна жиндирго яц АхІмос-Нефертари ва гьаюла гьей кІудияй чІужулъун[36]. Гьезул лъималлъун ккола ясал Меритамун B, Ситамун A ва васал Сиамун А, АхІмос-гІанх[37], АменхІотеп I ва Рамос А[38] (цІаразда цадахъ ругел "А" ва "B" ккола шартІиял гІаламаталъун, жал египтологаз цого цІар бугел пиргІавнасул лъимал ва лъудби ратІа гьаризе хІалтІизарулел). АхІмосил яслъун йикІун ятизе бегьуле Мутнофретги, жий I Тутмосил лъадилъун яхъарай. I АхІмосил тІоцевесев ирсилавлъун вукІана АхІмос-гІанх, амма гьев хола инсудаса цеве, гьесул ханлъиялъул 17-б ва 22-б саназда гьоркьоб заманалд[39]. АхІмосидаса хадув ханлъуде вачІуна гьесул вас АменхІотеп I, жица инсуда цадахъ къокъаб заманалъ ханлъи гьабун батизе бегьулев.
XVII ва XVIII наслабазда гьоркьоб цоцадаса тІей букІинчІо. Жив Птолемеязул заманалда вукІарав тарихчи Манефоница рикІкІунаан гьиксосаздаса Египет эркен гьаби, гьел Египеталде рачІун хадуб нусго сон индал, ва тІолго Египеталда египтяназул миллияб хІакимлъи букІадахъин гьаби цІакъ кІвар бугеб лъугьа бахъинлъун, жиндалъун цІияб наслу байбихьизе[40].
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалеб Grimal 1942
-лъе текст бихьизабун гьечІо<ref>
; мурад баян гьабун хъвалеб Grimal 1902
-лъе текст бихьизабун гьечІо{{cite web}}
: Unknown parameter |encyclopedia=
ignored (help){{cite web}}
: Check date values in: |archivedate=
(help)