Батуми

Батумиялъул байрахъ

Бату́ми (Гуржи: ბათუმი, абул куц [ˈbatʰumi] , 1936 соналде щвезегІан — Бату́м[1]) — ЧІегІераб ралъдал рагІалда бугеб Хъизихъалъул шагьар ва порт, Аджариялъул тахшагьар. ГІуцІула Батуми муниципалитет ва ккола гьанжесеб Гуржиялъул аслияб туристияб центр.[2] Шагьар машгьураб буго жиндирго тарихияб централдалъунги, туризмалъул районалдалъунги.

Шагьар буго ЧІегІераб ралъдал бакъбаккул рагІалда, Кахабер гІодоблъиялда, ралъдал гьумералдаса 2–3 метраялъ борхалъуда. ГІоблъиялъул форма буго бащдабмоцІалда релълъараб, жиб шималияб рахъалдаса бакътІерхьуде 7 км-ялъ цІан бегараб. Батумиялъул аслияб бутІа буго Батумиялъул бухтаялъулхъ, жиб Кахабер гІоболъиялъул шималияб рахъалда, Барцхан ваКоролисцкали лъаразул рагІалда бугеб.

Шагьаралъул гІаммаб гІатІилъи буго 64,94 км².[3][4] (2012 соналде щвезегӀан — 19 км²[5]).

Батумиялда щибаб лъагІалил гІазу-цІадалъул къадар буго 2 435 мм. Ноябрь буго бищун регьел цІикІкІараб моцІ (312 мм), май — бищун ракъдалаб (108 мм). Батуми, кинабниги рагІаллъиялъулаб Аджария гІадин батІабахъула Ракъадагьоркьосебралъадлъиялъул климаталъул тайпабаздалъун (Алисовасул классификация)[6] ва цІикІкІараб термалияб низамалдалъун. Кёппенил классификациялда рекъон, Батумиялъул климат буго рагьлилаб субтропикияб (Cfa). Хурхадулаб рагьлил гьоркьохъеб къадар буго 70–80 %.[5]

Муниципалитет хІисабалда, шагьаралъул къадар 2020 соналъул 1 январалде буго 169 095 чи[7] 2014 соналъул халкъалъул къадаралъул хъвай-хъвагІиялда гьабиялда рекъон шагьаралда вукІун вуго 152 839 чи[8], 2014 соналъул 1 январалде — 161,2 аз. чи.[4][9]

Архитектура ва гІарасал

[хисизабизе | код хисизабизе]
Батумиялъул архитектура
Батумиялъул панорама
Батуми къаселъухъ
«ХъахІаб ресторан»
Фонтан
Батумиялъу архитектура

Балагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. ^ Халип:ЭЕЭ
  2. ^ "საქართველოს პრეზიდენტმა მიხეილ სააკაშვილმა ბათუმში ოპერის შენობის მშენებლობას ჩაუყარა საფუძველი". Архивация оригинал (2012-01-19). Щвей 2010-10-31.
  3. ^ Официальный сайт Батуми. Информация о городе. «ქალაქ ბათუმის ტერიტორია შეადგენს 6494,31 ჰექტარი» — Город занимает площадь 6494,31 га.
  4. ^ a b 2012 соналъ Хелвачаур муниципалитеталъул бутІаги, гьелдаго цадахъ штгь Хелвачаури ва штгь Махинджаури, рачана Батумиялде гъорлъе, гьелъ шагьаралъул халкъалъул къадар цІикІкІана 30 азрго чи тІадеги, территория кІодолъана 19-даса 65 км²-де.
  5. ^ a b Официальный сайт города батуми — ზოგადი ინფორმაცია / გეოგრაფიული მდებარეობა (хъиз.)
  6. ^ Хромов С.П., Петросянц М.А. Метеорология и климатология. — Москва: Издательство МГУ, Наука, 2006. — Гь. 582(513-518). — ISBN 5-211-05207-2.
  7. ^ Численность населения Грузии с разбивкой по городам и районам на начало января 2015—2020 гг.. Национальная статистическая служба Грузии. Дата: 4 май 2020.,
  8. ^ Итоги переписи населения Грузии 2014 года (2014 General Population Census Main Results General Information). 2014 GENERAL POPULATION CENSUS RESULTS (инг.). Национальная статистическая служба Грузии. Дата: 28 април 2016. Архивация: 8 август 2016 сон.
  9. ^ Численность населения муниципалитетов и краёв Грузии на начало года в 2000—2016 гг. (хвараб регӀел). Национальная статистическая служба Грузии. Дата: 29 Април 2016. Архивация: 25 юн 2016 сон. (инг.)