Къурбангъули Мяликгулиевич БердимухІамадов (туркм. Gurbanguly Mälikgulyýewiç Berdimuhamedow; гь. 29 июналъ 1957 с., Бабарап росулъ, Гёкдепе этрап]], ГІашкъабад область, Туркменистаналъул ССР, СССР) — 2007 соналъул 14 февралалдаса байбихьун Туркменистаналъул президент (2006 соналъул 21 декабралдаса 2007 соналъул 14 февралалде щвезегІан Туркменистаналъул президентасул ишал тІоралев), пачалихъияв жигарчи, Туркменистаналъул министерзабазул кабинеталъул председатель, Туркменистаналъул яргъидгІуцІарал къуватазул тІадегІанав боязул бетІер, армиялъул генерал, медицинаялъул гІелмабазул доктор, экономикиял гІелмабазул доктор, Туркменистаналъул гІелмабазул академиялъул академик, Туркменистаналъул демократияб партиялъул председатель (2007 - 2013 соназ)[8].
Гьавуна 1957 соналъул 29 июналъ Туркменистаналъул ССР-алъул ГІашкъабад областалъул Гёкдепе мухъалъул Бабарап росулъ. Эмен, Мяликгули БердимухІамадович БердимухІамадов — мугІалим, КПСС-алъул гІахьалчилъиялде кандидат, битІа-бишизабулелгун-захІматалъул идарабазул вукӀарав нухмалъулев, гьанже — пенсионер[9]. Мать — Огулабат-эдже[10]. Дед, Бердымухамед Аннаев, был известным учителем, работал директором начальной школы, в годы Великой Отечественной войны он воевал на фронте[11]. Къурбангъули вукӀана хъизаналда цохӀого цо вугев васлъун, гьесул яцазда цӀарал руго: Гулнабат, Дурдинабат, Гулжамал, Огулжамал ва Мягьри.
1979 соналъ лъугӀизабуна Туркменистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталъул гІусазул медицинаялъул факультет, хадубго цун аспирантураги. Гьев ккола медицинаялъул гІелмабазул докторлъун.
ЗахӀматалъул нух байбихьана 1980 соналъ гІусазул тохтурлъиялдасан.
Сапармурат Ниязов (1991—2006) • Къурбангъули БердимухІамадов (2006 — гь. з.) |