Берцинлъи

ТІугьдул ккола бищунго тІабигІаталъул берцинлъиялъул мисалаздаса цояллъун.

Берцинлъи буго эстетикаялъул (утилитарияб гуреб) категория, жинцир магІнаги камиллъи. Объекталъул аспектазул цоцалъ рекъей, жиндалъул гьеб объекталъ балагьарасе хасаб эстетикияб асар гьабулеб. Берцинлъи ккола маданияталъул бищунго кІвар бугел категорияздаса цояблъун. Берцинлъиялъе данде лъолеб жо ккола сурукълъи[1].

Берцинлъиялъул концепцияби

[хисизабизе | код хисизабизе]
Греказул амфора

НекІсиял греказул философазда берцинлъи бичІулеб букІана дурусаб жо гІадин, жиб аслуялдасаго объективияб ва онтологияб, Универсумалъул камиллъиялда хурхен бугеб, бичІулеб букІана космос дуниялалъул низам, рекъей хІисабалда[2].

  • Пифагорил школаялъ бухьинабулеб букІана цоцалъ берцинлъи ва математика; масала, предметазул пропорциял меседил къотІиялда рекъарал ругони, гьел жеги берциналлъун кколин абураб пикруялда[3]. Греказул классикияб архитектура гІуцІараб букІана гьеб берцинлъиялъул бичІчІиялда.
  • Сократил заманаяса берцинлъиялъухъ балагьизе байбихьана онтологияб магІнаялъул рахъалъан гуребги, гІакълуялъул ва пикрудал категория гІадинги. Живго Сократие берцинлъи букІана дунялалъул аслуялъул бищун кІвар бугеб категориялъун.
  • Аристотелица берцинлъиялъул бичІчІи лъикІлъи ва камиллъи хІисабалда, рикІкІунаан гІицІго гІамалалъул, пикру-лъаялъул гуреб категория гІадин.
  • Платонида рекъон, гІадан жив гьавизегІан вукІуна берцинлъиялъул ва бацІцІадаб пикруялъул сфераялда. Берцинлъи ва лъикІлъи тІадегІанаб идеялъун рикІин букІана Платонил философиялъул творчествоялда аслияб мотивлъун.

Берцинлъиялъул бичІчІи искусствоялда

[хисизабизе | код хисизабизе]

Берцинлъиялъул мисалал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Архитектураялда

[хисизабизе | код хисизабизе]

Скулптурабазда

[хисизабизе | код хисизабизе]

Суратазул искусствоялда

[хисизабизе | код хисизабизе]

Балагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. ^ Бычков В. В. «Эстетика». — М.: Гардарики, 2005.
  2. ^ Асмус В.
  3. ^ Seife, Charles (2000).