Гьунзисезул мацӀ | |
---|---|
гьонкьос мыц / honƛʼos mɨc | |
Абулеб куц | [ˈhont͡ɬʼos mɨt͡s] |
Территория | Кавказ |
Регион | Дагъистан |
КӀалъалел | 1400 (2006–2010)[1] |
Хьондакавказиял
| |
МацӀалъул кодал | |
ISO 639-3 | huz |
Glottolog | hunz1247 |
ELP | Hunzib |
Гьунзисезул мацӀ ккола хьондакавказияб хъизамул мацӀ, жинда Дагъистаналъул бакъдасебгин бакътӀерхьудехун ругел гьунзисел кӀалъалеб.[2]
Гьунзисезул мацӀ уна хьондакавказиял мацӀазул цӀунтӀияб групалде. Эб бищунго гӀагараб хурхен буго бежтӀасезулги хъваршисезулги мацӀазулгун, тӀарамагъадисел цӀех-рехазда рекъон.[3]
Гьунзисезул мацӀалъул гьечӀо официалияб статус, хъвавул мацӀ гӀадин эб хӀалтӀизабиги буго дагьаб.[4] Гьелда кӀалъала Дагъистаналъул ЦӀунтӀа ва Гелбахъ мухъаздаги Россиялъул гӀорхъода бугеб Гуржиялъул кӀиго росулӀги.[5]
Гьунзисезул мацӀалда рагьарал рукӀине бегьула къокъал, халатал яги назаллъарал.
Цересел | БакьулӀел | Нахъисел | |
---|---|---|---|
ТӀасиял | i | ɨ | u |
Гьоркьохъел | e | ə | o |
Гъоркьиял | a | ɑ |
МацӀалда буго 35 рагьукъаб. Лъабгояб, /x/, /ħ/, ва /ʕ/, данчӀвала авар мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазулӀ.