ГӀашкъабад

Шагьар
ГІашкъабад
туркм. Aşgabat
Файл:Ashgabat, Turkmenistan (6313351949).jpg
Герб
Пачалихъ Туркменистан
Координатал 37°57′ ш. гӀ. 58°23′ бб. х.HGЯO
ХІаким Ражабгъелди Нурмаммедов[1]
КьучІ лъуна 1881
Цебе букІараб цІар 1919 соналде щвезегІан — Асхабад,
І9І9-І927 соназда — Полторацк
Шагьар  1881 соналъ
Площад 470 км²
Расмияб мацІ Туркмен мацІ
Халкъалъул къадар 712 000 чи (2001)
Миллатал Туркменал, ГӀурусал, Узбекал, Эрмениял
Динал Ислам, МасихІия, Ягьудия, Буддизм
СагІтил рачел UTC+5
Телефоналъул код +(993 12)
Почалъул индексал 744000 — 744040
Расмияб сайт ashgabat.gov.tm/en/
Картаби рихьизаризе/рахчизе
Туркменистан: жеги гьечӀо позиционияб карта.

ГІашкъаба́д (туркм. Aşgabat) — Туркменистаналъул тахшагьар, пачалихъалъул бищун кӀудияб административябгун-сиясияб, гІелмиябгун-маданияб центр. ГІашкъабад ккола Туркменистаналъул цогидазда бачӀеб аминистративиябгун-ракьалъул цолъилъун[2].

2013 соналъул 25 маялъ шагьар щуабилеб нухалъ Гиннесил рекордазул тІехьалде ана дунялалдаго бищун цӀикӀкӀараб хъахӀаб мармаралъул шагьар хӀисабалда (543 цӀияб мина, хъахӀаб мармаралъ тӀасан къачӀараб).


Шагьаралъул цІар бачІана персиязул рагІабаздасан عشق' (гІишкъ — «рокьи») ва آباد (абад — «гІумру гьабулеб бакІ», «шагьар»)[3][4].

Россиялъул империялъ Туркменистан бахъаралдаса хадуб, шагьар официалияб куцалда Россиялда гъоркье ана 1881 соналъул 21 сентябралъ Персиялъулгун гьабураб Ахалалъул къотІи-къаялда рекъон, ва гьелда цІар букІанаАсхабад. Гьеб цІар хутІана 1919 соналде щвезегІан[3].

1919 соналъ шагьаралда цебе букІараб хисун цІияб Полторацк абун цІар лъуна, революциялъул жигарчи ва Туркестаналъул Жумгьурияталъул совнархозалъул председатель П. Г. Полторацкий кІодо гьавун[3].

1927 соналъул 27 октябралъ шагьаралъе щванаГІашкъабад абураб цІар[3].


Административияб рикьи

[хисизабизе | код хисизабизе]
Викикъамусалъул логотип
Викикъамусалъул логотип
Викикъамусалда буго макъала «ГІашкъабад»

Халип:Туркменистаналъул шагьарал

Халип:Азиялъул тахшагьарал