Административияб мухъ
|
КахІиб мухъ (падар. Qax rayonu, цІахур. Ках район) — Азарбижаналъул севералда бугеб административияб бикьи. Административиябй центр КахІиб шагьар.
Район буго КIудияб Кавказалъул мицIиралда бакълъул рахъалда гIунтIун. Гьелъул бакътIерхьул рахъалда буго Хъазахъ (Гуржистан) хIукумат ва Закатала район. Бакъбаккул рахъалда Нуха район. Бакъдал рахъалда буго Алазан гIор, ГьетIараб-гIор, ва хьунал рахъалда Рутулгун ва Ахдиб районал.
Районалда аслияб къагIидаялда гIумру гьабула падараз (63%). Жеги гьаниб гIумру гьабулел миллатазда гьоркьор руго аварал (7-8%), хъалтагъал (цахурал) (11%) ва хъазахъал-насраниял (инхилал) (16%).
Халип:Азарбижаналъул административияб рикьи