КІиябго хІарамалъул хъулухъчи (ГӀараб: خادم الحرمين الشريفين, Хадимул-ХІаромайни-ш-Шарифайни[1]) — СагІудиязул ГІарабиялъул ханасул тІокІцІар[2][3].
Гьеб тІокІцар лъуна Фагьдица 1986 соналъул 27 октябралъ «Гьесул тІадегІанлъи» абураб тІокІцІаралъул бакІалда. ТахбакІ ирсие щварав ГІабдуллагьицаги гьебго тІокІцІар хІалтІизабуна.
«КІиябго хІарам» — ккола Маккаялда бугеб ал-ХІарам ва Мадинаялда бугеб Аварагасул мажгит. СагІидиязул ГІарабиялъул ханзабазде щвелалде гьеб тІокІцІар хІалтІизабулаан цере Исламияб Халифаталъул рукІарал халифаз, Мамлюказул пачалихъалъул ва ГІусманиязул империялъул бутІруз.
Гьаб тІубачІеб макъала буго СагІудиязул ГІарабиялъул хІакъалъулъ. Нужеца кумек гьабизе бегьула проекталъе, гъалатІ битІизабун ва макъалаялда тIад жо жубан. |