Мазандаран | |
---|---|
blank300.png|300px]] ![]() | |
Пачалихъ | |
Адм. марказ | Сари |
Тарих ва география | |
ГӀатӀилъи | 23 833 км² |
СагӀтазул зона | UTC+3:30, летом UTC+4:30 |
КӀудиял шагьарал | Бабол |
Халкъ | |
Къадар |
3 073 943 чи (2006 сон) |
Гъунки | 123,3 чи/км² |
Расмиял мацӀал |
Мазандаран, парс |
Цифрабазул идентификаторал | |
|
|
Расмияб сайт | |
![]() |
|
![]() |
|
![]() |
Мазандара́н (парс مازندران; маз. مازرون) — Ираналъул 31 провинциялдаса (останазул) цояб. Пачалихъалъул шималияб рахъалда буго. ГӀорхъи уна бакхътӀерхьудаса Гилангун ва Къазвингун, жунубалдаса Тегьран ва Семнан останалгун, ва бакъбаккуда буго Гулестан. Шималалъул рахъалда буго Каспий ралъадалъул рагӀал. Останалъул жунубияб гӀохъодаса гӀебеде уна Эльбурс мугӀрузул щобал. Гьенибго буго Демавенд мегӀер — Ираналъул бищун тӀадегӀанасеб борхалъи. Административияб марказ — Сари шагьар. Ракь — 23 701 км²[1]. Останалда гъорлъ уна 16 шагьрестан.
Жунуб рахъалда, Тегьран останалъул гӀорхъода буго Сахун хӀор.
Гьанир руго гӀурччинлъи гӀемерал бакӀал. Берцинал тӀегьалел мугӀрул, кӀкӀалал ва чвахелал рихьизе рачӀула гӀемер туристал.
КӀватӀараб Антикиялъ Мазандараналъул территория Падишхваргаралда гъорлъ унеб букӀана. 529—536 сс. Мазандараналъул бетӀерлъуда вукӀана сасанид пача, Кавадил вас Къавус (Кей-Къавус)[2], «Шах-намэ»-ялда жив рехсарав. Фирдаусица Мазандаран бихьизабун буго демоназул (дивазул, дэвазул) улка хӀисабалда, жиб Кей-Къавусица халкъияв магьадур Рустамил кумекалдалъун хӀалалъ бахъараб.
Мазандаран — ккола гӀарабаца бахъараб ахирисеб иранияб регион (VIII гӀ. байбихьи).
Х гӀасруялъ Мазандараналда ханлъиялда рачӀана Зияридал.
XVI гӀасруялъул ахиралда, шагь ГӀаббасица I Мазандараналъул бакӀалъулаб династияги тӀагӀизабун, гьеб Сафавидазул пачалихъалда гъорлъ бачана[3]. Баболь шагьаралда гьанжеги руго Сафавидазул кӀалгӀаялъул риххелал.
Россиялъ бергьараб ГӀурусгун-парс рагъдаса хадуб, 12 сентябралъ 1723 соналъ Мазандаран Россиялда гъорлъ бачӀана. ГӀурус-турк рагъул заманаялъ (1735—1739 сс.) область Парсалда нахъбуссинабуна Турцияла данде альянс гӀуцӀизе гӀоло.
Халкъалъул къадар — 2 922 432 чи. Аслияб къагӀидаялъ гьел ккола мазандаранал ва гиланал, гьединго гьезда гьоркьо руго парсалги талышалги. Бищун чӀахӀиял шагьарал — Амол, Бабол, Баболсер, Бегьшагьр, МахӀмудабад, Новшагьр, Рамсар, Сари, Тунекабон, Чалус.
2006 с. хъвай-хъвагӀаязда рекъон халкъ | ||||||||||||||||||||
|
Останалда жаниб уна 15 шагьрестан:
Аслиял акономикаялъул рикьалаби — туризм, бича-хиси, транспорт, кванил, текстилалъулаб, автомобилияб, хъарщидулаб, металлургияб, тамахьодулаб ва кагътил промышленность, энергетика, росдал магӀишат (цитрусал, рис, ролъ, чай, тамахьо, квас, чакаралъул тростник, рапс, тӀугьдул, гӀеч, микьир, киви, охцер, пер, клубника, гӀодобкару, бананал, фундук, кенаф), чӀугӀакквей, маххул руда ва тӀурччи бахъи.
Амирабад шагьаралда буго Амирабад порталъул эркенаб экономикияб зона ва «Демавенд» металлургияб завод.
Сари шагьаралда руго ГӀаббасил ва ЯхӀял хобал. Мажгитал Имам-Саджад, ХӀадж Мустапа Хан ва Реза Хан, сагӀатгун си, шагьаралда сверухъ — Хутто ва Камарбанд нухъабиги, Дашт-э Наз миллияб паркги. Рамсаралда буго Пагьлавиязул кӀалгӀа ва цогидал кӀалгӀаби, гьундул ва цересел бечедазул минаби.
![]() |
Мазандаран Викигъамасалда |
---|
Халип:Флаг / Иран Ираналъул останал (провинцияби) | |
---|---|
Альборз • Ардабил • Бушер • Бакъбаккул Азарбижан • Гилан • Гулестан • БакътӀерхьул Азарбижан • Зинжан • Илам • Исфагьан • Йазд • Къазвин • Керман • Керманшагь • Когьгилуйе ва БуйерахӀмад • Къум • Курдистан • Лурестан • Мазандаран • Шималияб Хурасан • Семнан • Систан ва Балучистан • Тегьран • Парс • ХӀамадан • Хурасан-Резави • Хурмузган • Хузестан • Марказияб • ЧагьармахӀал ва Бахтиария • Жунубияб Хурасан |