Дагъистаналъул тахшагьар | |||||
МахӀачхъала | |||||
---|---|---|---|---|---|
![]() | |||||
|
|||||
42°59′00″N 47°30′00″E / 42.98333°N 47.50000°E Координатал: Parameter: "scale=" should be "scale:" Координатал: Parameter: "region=" should be "region:" Координатал: Parameter: "type=" should be "type:" |
|||||
Пачалихъ |
![]() |
||||
Федерациялъул субъект | Дагъистан | ||||
Жанисеб бикьи |
3 административияб район:
|
||||
Мэр | Салман Дадаев | ||||
Тарих ва ракьхъвай | |||||
КьучӀ лъей | 1844 | ||||
ГӀатӀилъи | 468,13 (шагьаралъул округ)[1] км² | ||||
Централъул борхалъи | 10 Метр | ||||
Климаталъул тайпа | гьоркьохъеб | ||||
СагӀтазул зона | UTC+3:00 | ||||
Халкъ | |||||
Къадар | Ошибка Lua в Модуль:Sources на строке 294: attempt to call field 'list_ref' (a nil value). | ||||
Гъунки | Жугьаялъулаб гъалатӀ: ракӀалда гьечӀеб < оператор . чи/км² | ||||
Конфессия(л) | бусурбаби-суниял, ортодокс-христианал ва ягьудал | ||||
Катойконим | махӀачхъалаялдасев, махӀачхъалаялдасей, махӀачхъалаялдасел | ||||
Цифрабазул идентификаторал | |||||
Телефоналъул код | +7 8722 | ||||
Почалъул индекс | 367000–367999 | ||||
ОКАТО код | 82401000000 | ||||
ОКТМО код | 82701000001 | ||||
|
|||||
mkala.ru (гІурус) | |||||
|
|||||
![]() |
МахIачхъала (лъар. Анжикъала, Магьачкъала, гІур. Махачкала́) — ккола Россиялъул жанубалда бугеб шагьар, Дагъистан жумгьурияталъул тахшагьар, халкъалъул рикIкIеналъул рахъалъ Шималияб Кавказалъул регионалда лъабабизе иргаялда бугеб ва Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул чIахIиял шагьараздаса цояб.
Жакъа шагьар бугеб бакI гIуцIцIана 1844 соналъ, гIурусазул рагъул щулалъиялъул мурадалда ва гьелда цIар букIана Петровское. 1857 соналъ гьеб бакI кIодолъана ва гIадамал цIикIкIана, цинги гьелъие шагьаралъул статус щвана, ва цIарги кьуна порталъул шагьар Петровск абун, гьедин цIар кьеялъеги гIиллалъун лъугьана 1722—1723 соназда Персиялде кIанцIизе унаго, Пётр I-сул аскариял гьанир чIеялда бан.
1918 соналъул 15 ноябралъ, гьеб заманаялъ вукIарав Дагъистаналъул бетIер Тарковски НухI-Бегил амруялдалъун, шагьаралъул цIар хисун гьелъие кьуна Шамилхъала абураб цIар. Гьебги букIана кIудияв имам Шамил халкъазул рекIелъа инчIого вукIиналъул мурадалда гьабураб хIалтIи.[2].
1921 соналъул 14 маялъ Дагъистаналъул савраталъул комимтеталъул амруялдалъун МахIачхъала лъугьана ДАССРалъул тахшагьарлъун ва цIарги хисана МахIачхъала абун, Унсоколоса савратчи МахIач ДахIадаевги кIодо гьавун.[3]. Жакъа къоялда жани шагьар бугеб бакI, мугIрузул халкъазда гьоркьоб лъалеблъун букIана Гьоркьохъел гIасрабазул заманаялдасанго, Анжи-Хъала абураб цIаралда гъоркь[4] — гьелъул магIнаги ккола «луълуъалъул хъала» - абураб,[5] лъарагI мацIалдаса буссинабуни.
Ошибка Lua в Модуль:Statistical на строке 76: attempt to index local 'RawData' (a nil value). Ошибка Lua в Модуль:Statistical на строке 76: attempt to index local 'RawData' (a nil value).
МахIачкала — ккола бищун гIадамал жанир цIикIкIараб шагьарлъун Шималияб Кавказалъул Федералияб Округалда, ва гьединго хеккого гIолел Россиялъул чIахIиял шагьараздасаги.
Шагьаралда руго, киналниги дуниялалда ругелщинал динал ккурал гIадамал, цого-цо буддизмалъул гьечIо. ЦIикIкIунисеб бутIа (90 %) ккола бусурбаби суннитал. Шагьаралда буго, Европаялдаго бищун кIудияблъун рикIкIунеб ЖумгIа мажгит. Гьединго шагьаралда буго христианазул — Свято-Успенил кафедралияб килиса. Гьанже бан бахъана, Ермошкина къотIноб жугьутIазе магIбадги.
МахIачхъала шагьаралда гIумру гьабулеб буго 572 076 чияс[6]
# | Миллат | гIадамазул къадар 2010 с. | % | |
---|---|---|---|---|
1 | МагIарулал | 149 623 | 26 | |
2 | Даргиял | 88 573 | 15 | |
2 | ЛъарагIал | 86 503 | 15 | |
3 | Тумал | 79 906 | 14 | |
3 | Куралал | 84 479 | 14 | |
4 | ГIурусал | 35 908 | 6 | |
тIолго МахIачхъала шагьар | 572 076 | 100 |
{{cite web}}
: Invalid |url-status=хвараб
(help)
{{cite web}}
: Invalid |url-status=хвараб
(help)
{{cite web}}
: Check date values in: |accessdate=
(help); Invalid |url-status=хвараб
(help); Italic or bold markup not allowed in: |publisher=
(help)
{{cite web}}
: Invalid |url-status=хвараб
(help)
![]() |
МахӀачхъала Викигъамасалда |
---|---|
![]() |
МахӀачхъала Викидалилалда |