Минерал

Мон Сен-Илералдаса серандиталъул, натролит, аналцималъул ва айгириналъул кристаллал, Квебек, Канада

Геологиялда ва минералогиялда, минерал яги минералазул тайпаби ккола, гӀатӀидаб магӀнаялда, къвакӀараб химикияб итӀнел, жиндир гӀезегӀан мухӀканго баянаб химикияб гӀуцӀи ва хасаб кристалияб структура бугеб ва тӀабигӀаталда бацӀцӀадаб формаялда дандчӀвалеб.[1][2]

Минералалъул геологияб баянкьеялъ гьоркьоса рахъула гӀицӀго чӀаголъабазулӀ дандчӀвалел итӀнелал. Амма цо-цо минералал гӀемериселъ ккола биогениял (калцит гӀадал) яги химиялъул рахъалъ органикиял итӀнелалъун (меллит гӀадал). Гьеб гуребги, рухӀчӀаголъабаз гӀемериселъ синтезинарула инорганикиял минералал (гьидроксилапатит гӀадал), жал мугӀрул магӀданазда дандчӀвалел.

Минерал абураб концепт батӀа гьабула гьецӀоялдаса, жиб бокьараб боккелаб геологияб материаллъун кколеб ва жиндир гӀураб къадаралда жаниб гӀахьалго цохӀаллъиги бугеб. ГьецӀо букӀине бегьуа гӀуцӀун минералалъул цо тайпаялдаса, яги букӀине бегьула кӀиго яги цӀикӀкӀун жал сверухълъеналада батӀи-батӀиял фазабазде рикьарал батӀи-батӀиял минералазул аггрегатлъун.[3]

Цо-цо тӀабигӀиял къвакӀарал, жидер мухӀканаб кристаллияб структураги гьечӀел опал яги обсидиан гӀадал итӀнелазда абизе рекъараб буго минералоид–алилан.[4] Химикияб итӀнел тӀабигӀаталда батӀи-батӀияб кристаллияб структураялда дандчӀвалеб батани, щибаб структура рикӀкӀуна минералазул хасал тайпабилъун. Гьедин, мисалалъе, кварц ва стишовит ккола батӀи-батӀиял минералаллъун, жал цохӀого итӀнелалдаса гӀуцӀарал — силициялъул диоксидалдаса.

Халкъаздагьоркьосеб Минералогиялъулаб Ассоциация (инг. International Mineralogical Association, IMA) ккола минералазул тайпабазул баянгьабиялъул ва номенклатураялъул киназго рикӀкӀараб идаралъун. |2021 соналъул январалде бугеб хӀалалада рекъон, IMA-ялъ рикӀкӀуна минералазул 5,780 официалияб тайпа[5] ва 5,981 церелъурал яги традициониял.[6]

ЦӀар кьурал минералазул тайпабазул химикияб гӀуцӀи чанго хисизе бегьула гъорлӀе дагьа-дагьал журанжал ккей сабаблъун. Тайпаялъул хасал вариетазул рукӀине бегьула жидерго киназго рикӀкӀарал яги официалиял цӀарал.[7] Мисалалъе, аметист ккола фиолетияб вариетлъун кварц минералалъун. Цо-цо минералазул рукӀине бегьула минералалъул структураялда эквивалентиял бакӀал кколел кӀиго яги цӀикӀкӀун химикиял элементазул цоккурал-гурел пропорциял; мисалалъе, макинавиталъул формула кьола (Fe,Ni)
9
S
8
гӀадин, магӀнаги Fe
x
Ni
9-x
S
8
бугеб, гьениб x буго 0 ва 9 тархазда гьоркьоб бугеб хисарулеб къима. Цо-цо цоккураб-гуреб гӀуцӀи бугел минералал цӀикӀкӀаниселъ яги дагьалъ рикьула хасал тайпабазде, минералазул группабиги гӀуцӀун; мисалалъе, гьедин рикьула силакатал Ca
x
Mg
y
Fe
2-x-y
SiO
4
, оливиналъул группа.

Аслияб хмикияб гӀуцӀи ва кристаллияб структура гуребги, минералазул тайпаялъул сипат гьабиялде гӀемериселъ гъорлӀе рачуна гьелъул гӀаммал физикиял хасиятал: гьабит, къвакӀи, кунчӀи, каркари, кьер, хӀучч, щулалъи, регъел, фрактура, бикь-бикьи, хасаб бакӀлъи, магнетизм, флуоресценция, радиоактивлъи, ва гьединго гьелъул тагӀам яги махӀ ва цӀекӀлъелгун реакция.

Минералазул классификация гьабула кӀулиял химикиял компонентазда рекъон; кӀиго аслияб системалъун буго Данал классификация ва Штрунцил классификация. Силикат минералаз гӀага-шагарго 90%-алъ гӀуцӀула Ракьалъул хъаллъи.[8][9] Цогидал кӀвар бугел минералиял группабаз гъорлӀе рачуна жалгоял элементал, сулфидал, оксидал, гьалидал, карбонатал, сулфатал ва фосфатал.

Минерал абураб рагӀи буго бачӀараб Халип:Lang-la-x-medieval абураб рагӀудаса, гьебги Латин: minera, магӀдан абулеб рагӀудаса.[10]

ГьецӀаби, магӀданал, ва къиматал ганчӀал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Физикиял хасиятал

[хисизабизе | код хисизабизе]
Могьсил къвакӀи Минерал Химикияб формула
1 Талк Mg3Si4O10(OH)2
2 Гипс CaSO4·2H2O
3 Калцит CaCO3
4 Флуорит CaF2
5 Апатит Ca5(PO4)3(OH,Cl,F)
6 Ортоклаз KAlSi3O8
7 Кварц SiO2
8 Топаз Al2SiO4(OH,F)2
9 Корунд Al2O3
10 Алмас C
  1. ^ John P. Rafferty, ed. (2011): Minerals; p. 1. In the series Geology: Landforms, Minerals, and Rocks. Rosen Publishing Group. ISBN 978-1615304899
  2. ^ Wenk, Hans-Rudolf; Bulakh, Andrei (2004). Minerals: Their Constitution and Origin. Cambridge University Press. гь. 10. ISBN 978-0-521-52958-7.
  3. ^ Stephenson, Tim; Stephenson, Carolyn. "Rocks & Minerals". Gem Rock. Creetown Gem Rock Museum. Щвей 18 July 2019. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= (help)
  4. ^ Austin Flint Rogers and Paul Francis Kerr (1942): Optical mineralogy, 2nd ed., p. 374. McGraw-Hill; ISBN 978-1114108523
  5. ^ Pasero, Marco; ва цгл. (January 2022). "The New IMA List of Minerals – A Work in Progress" (PDF). The New IMA List of Minerals. IMA – CNMNC (Commission on New Minerals Nomenclature and Classification). Архивация (PDF) оригиналалдаса 15 January 2022. Щвей 27 January 2022. {{cite web}}: Check date values in: |access-date=, |date=, ва|archive-date= (help)
  6. ^ "IMA Database of Mineral Properties / RRUFF Project". Department of Geosciences, University of Arizona. Щвей 27 January 2022. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= (help)
  7. ^ "Definition of mineral variety". mindat.org. Щвей 1 March 2018. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= (help)
  8. ^ Klein, Cornelis; Hurlbut, Cornelius S., Jr. (1993). Manual of mineralogy : (after James D. Dana) (21st ред.). New York: Wiley. гь. 440. ISBN 047157452X.{{cite book}}: CS1 maint: multiple names: authors list (link)
  9. ^ Klein, Cornelis (14 October 2019). "Mineral – Silicates". Encyclopedia Britannica. Щвей 20 April 2021. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= ва|date= (help)
  10. ^ "mineral" entry in the Merriam-Webster online dictionary. Accessed on 2020-08-28.

ГӀаммал мугъчӀваял

[хисизабизе | код хисизабизе]
Ингилисалда

ТӀадеги цӀалиялъе

[хисизабизе | код хисизабизе]
Ингилисалда:

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Халип:Minerals Халип:Natural resources