Ортодоксия

Москваялда ортодоксияб МасихІ Мухаллисил килиса

Ортодоксия яги Православие (бачІана грек. ὀρθοδοξία рагІиялдасан) — христианлъиялъул цо мазгьаб, Римазул империялъул бакъбаккуда жиб баккараб. Католикияб килисаялъго гІадин Ортодоксияб килисаялъги жибго рикІкІуна гІицІго ГІиса МасихІица кьучІ лъун бетІерлъи гьабураб мазгьаб абун.

Ортодоксиял килисаби рикьула: Грециялъул, ГІурус, Македониялъул, Руминиялъул, Сербиялъул, Украиналъул, Албаниялъул, Болгариялъул ва Гуржиялъул килисабазде.