Пачалихъалъул хӀукмуялъул низам — гьеб буго пачалихъ политикияб куцалда цебеб бачине хIукуматалъ лъураб форма. Гьелъ чIезабула, пачалихъалъул хIукмуялъул тIадеганал органал, гьел гIуцIцIиялъул тартиб, гьел хIалтIулеб замана ва гьединго гьел органазда гьоркьоб хурхен.
Гьеб низам щибаб цо пачалихъалдаса цогиялдехун батIи-батIияб букIуна.
Пачалихъалъул хӀукмуялъул низамал рукIуна:
Монархия — гьеб буго пачалихъалда жаниб кинабниги пачалихъ цебеб бачунел хIалтIаби цо чиясе рукIин. Гьединаб пачалихъалъул монарх (хан) хIукмуялде вачIуна инсудаса хадуб ирсги босун ва ккараб жоялъе халкъалда цебе гьес ритIухълъи бихьизабизе кколаро.
Республика яги ЖумхIурият — гьеб буго хIукумат бачин, гьеб бачунел тIадегIанал бутIрул халкъалъ рищулеб система. Гьединаб системаялда вищарав бетIерас жив вищарав чиясе, ай гражданинасе ккараб жоялъухъ жаваб кьезе ккола.
Республикаби яги ЖумхIуриятал цоцадаса батIа рукIуна, хIукмуялъул кинаб органалъ пачалихъ цебе бачунеб бугелда бан. Масала цо-цо пачалихъал рукIуна парламенталъ цере рачунел ва цогиял рукIуна президентас цере рачунел.