РитІухълъиялъул ва цебетІеялъул партия (ГӀараб: حزب العدالة والتنمية, пар. Parti de la Justice et du Développement) — Мароккоялъул чІахІиял политикиял партияздаса цояб, исламияб балагьиялда жинца кІвар кьолеб. Баккана 1960-ел соназул бакьулъ, Вацал-бусурбабазул политикияб кваркьи хІисабалда, амма жакъасеб цІаралда гъоркь машгьурлъана 1998 соналъ.
ГІабдулилагь Бенкиранил нухмалъиялда гъоркь 2011 соналъул рищиязда бергьана цебе лъураб исламияб программагун, политикияб къанунал рахъи демократиялдалъун гьаби, лъай кьеялъул реформаби гьари ва жамгІияб политика консерватизмаялда рекъон бачи гІадал цебеккун хІисаб гьабун лъурал программабигун.