Фрэнк Ллойд Райт

Фрэнк Ллойд Райт КӀд. (инглис: Frank Lloyd Wrighte Sr.; 8 июн 1867 — 9 апрел 1959 сон) — американ архитектор, дизайнер, хъвадарухъан ва тарбиячи. Эс ургъана 1000-даса цӀикӀкӀун структура, жиндир 70 соналъ букӀараб креативияб периодалда. Райтица аслияб рол хӀана къоабилеб гӀасруялъул архитектурияб багъа-бачариялда, жиндирго хӀалтӀабаздалъун дунялалъулго архитекторазе асар гьабуна ва жиндирго Taliesin Fellowship школалъул цӀалдохъабазе малъарухъанлъунги вахъана.[1][2] Райт божулаан инсанияталъулгун ва сверухълъиялъулгун рекъон гьармониялда дизайн гьабиялда, эс абулаан элда органикияб архитектура–йилан. Гьеб философиялъул мисал бачана Fallingwater'алда (1935), жиб «Америкаялъул архитектураялъул киналго заманабазул бищун лъикӀаб асар» абун тараб.

Райт вукӀана жинда архитектураялъул «Прейри школа» абураб багъа-бачариялъул пионер, эс цебетӀезабуна Броадакр-Ситиялда бугеб Усония рукъалъул концепция, Цолъарал Штатазда шагьаразул план гьабиялъул рахъалъ жиндир бербалагьи. Эс гьединго ургъана оригиналал ва цӀиял офисазул, килисабазул, школазул, зоб-ракьанде щварал минабазул, отелазул, музеязул ва цогидал коммерциял проектал. Гьел конструкциязда гъорлӀе рачана Райтица ургъарал жанисел элементалги (гьезда гьоркьор рукӀана тӀохьидул цӀорол гордал, тӀалаби, мебел ва столалъул къайи-цӀаци). Эс хъвана чанго тӀехь ва гӀемерал макъалаби, вукӀана Цолъарал Штатазда ва Европалда машгьурав лекторлъун. Райт рикӀкӀана 1991 соналда Америкаялъул архитекторазул институталъ «кинабго мехалъул бищунго кӀудияв американ архитекторлъун». 2019 соналда эсул тӀаса рищарал хӀалтӀаби Дунялалъул Раталил листалде «Фрэнк Ллойд Райтил 20 гӀасруялъул архитектура» гӀадин.

ГьитӀинаб гӀумру ва лъайщвей

[хисизабизе | код хисизабизе]

Лъимерлъи (1867–1885)

[хисизабизе | код хисизабизе]

Райт гьавуна 1867 сонил 8 июналда Висконсин штаталъул Ричленд-Сентр шагьаралда, амма гӀумруялъго абулаан жив 1869 соналъ гьавунилан.[3][4]

Райтил эмен Вилиям Кери Райт (1825–1904) вукӀана «гьунар бугев музикачи, оратор ва цо-цо мехалъ вагӀзачи, 1857 соналда адвокатазул коллегиялде гъорлӀе вачарав».[5] Гьев вукӀана публикациялде вахъарав композиторги.[6] Массачусеттсалдаса лӀугьин бугев, Виллиям Райт вукӀана баптистазул хъулухъчи, амма хаду гьев жиндирго лъадул хъизаналде гъорлӀе лӀугьана унитарианизм божалида.

Лъайщвей (1885–1887)

[хисизабизе | код хисизабизе]

1886 соналда, 19 сон барав Райт къабул гьавуна Висконсин–Мэдисоналъул университеталде специалав студент гӀадин. Гьев хӀалтӀулев вукӀана чӀейилаб инженериялъул профессор Аллан Д. Коноверил бетӀерлъуда гъоркь, школа рехун тезегӀан, даражаги босичӀого; 1955 соналда, университеталъ доб мехалъ 88 сон барав Райтие кьуна арталъул хӀурматияб докторлъиялъул цӀар.

Силсби ва цогидаб цебесеб хӀалтӀул хӀалбихьи (1887–1888)

[хисизабизе | код хисизабизе]

1887 соналда Райт щвана Чикагоялде хӀалтӀи балагьизе. 1871 соналда ккараб КӀудияб Чикагоялъул цӀаялъул ва халкъалъул рикӀкӀен цӀикӀкӀиналъул хӀасилалда, цӀияб цебетӀей гӀемер букӀана. Хаду Райтица жиндирго автобиографиялда хъвана Чикагоялъ жиндие гьабураб тӀоцебесеб асар сурукъаб ва хаосалъулаб шагьаралъул гӀадинаб букӀанилан.[7] ВачӀун чанго къодасан ва чанго машгьураб фирмаялъулгун гара-чӀварудаса хадуб, эв хӀалтӀизе восана Джозеф Лайман Силсбигун цадахъ драфтерлъун. Фирмагун вугеб мехалда, эс гьединго хӀалтӀи гьабуна хъизаналъул жеги кӀиго проекталда тӀадги: Чикагоялда бугеб All Souls килиса жиндирго имгӀаласе, Дженкин Ллойд Джонсие, ва Спринг Гриналда бугеб <i>Hillside Home School I</i> жиндирго кӀиго ункъгӀалалъе. Доб заманалда Силсбил кабинеталда хӀалтӀулел рукӀарал цогидал гӀадамал рукӀана Сесил С. Корвин (1860–1941), Джордж У. Махер (1864–1926) ва Джордж Г. Элмсли (1869–1952). Райталдаса анкьго соналъ кӀудияв Корвиница кватӀичӀого жиндирго гӀолохъанав гьалмагъ жиндирго куркьбазда гъоркье вачана ва кӀиязулго гӀагарал гьудулзаби лӀугьана.

Adler & Sullivan (1888–1893)

[хисизабизе | код хисизабизе]
Райтил рукъ Оук-Паркалда, Иллинойс (1889 сон)
Волтер Гейлил рукъ, Овк Парк, Иллинойс (1893). Анна къиралай стилалда гьабураб букӀаниги, гордазул рачелаз ва рагьумахӀул консолалаб тӀохалъ бакка-бахъи гьабула Райтил цебетӀолеб эстетикалде.

Райтихъе щвана Чикагоялъул Adler &amp; Sullivan фирмаялъ «... ралагьулел ругилан Аудиториялъул минаялъул интериералъул лъугӀарал суртал гьаризе чи» абрураб ругьел.[8] Райтица бихьизабуна жив Луи Салливанил расеназул дизайналъул лъай бугев импрессионист вукӀин ва кӀиго къокъаб интервюялдаса хадуб, лӀугьна фирмаялъул официалав цӀалдохъанлъун. [9] Райтил лъикӀаб гьоркьолъи букӀинчӀо Салливанил цогидал драфтералгун; эс хъвалеб букӀана цӀалдохъанлъул тӀоцересел соназ, эзда гьоркьоб чанго кьварараб дагӀба-рагӀи кканин. Гьеб суалалда хурхун Салливанил цӀакъ дагьаб гурони адаб букӀинчӀо жиндирго хӀалтӀухъабаздеги.[10] Гьедин букӀаниги, «Салливаница [Райт] жиндирго куркьбазда гъоркье вачана ва эсие кьуна дизайналъул кӀудияб жавабчилъи». ХӀурматалъул акт гӀадинан, хаду Райтица Салливанида абулаан lieber Meister абун. (германалда «хирияв мастер»). Гьединго гьесул бухьен гӀуцӀун букӀана офисалъул бригадир Пол Мюллерилгун. Хаду Райтица Мюллер хӀалтӀизавуна жиндирго чанго публикияб ва коммерсияб мина баялъулӀ 1903 ва 1923 соназда гьоркьоб .

ТӀаса рищарал хӀалтӀаби

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. ^ Caves, R. W. (2004). Encyclopedia of the City. Routledge. гь. 777. ISBN 978-0-415-86287-5.
  2. ^ A Directory of Frank Lloyd Wright Associates: APPRENTICES 1929 to 1959 Archived септембер 29, 2020 Wayback Machine, jgonwright.net, accessed February 10, 2021.
  3. ^ Hines, Thomas S. (1967). "Frank Lloyd Wright: The Madison Years: Records versus Recollections". The Wisconsin Magazine of History. 50 (2): 109–119. ISSN 0043-6534. JSTOR 4634222.
  4. ^ Huxtable, Ada Louise. 'Frank Lloyd Wright' (en-US), The New York Times (October 31, 2004).
  5. ^ Huxtable, Ada Louise (2008). Frank Lloyd Wright: A Life (мацӀ: английский). Penguin. гь. 5. ISBN 978-1-4406-3173-3.
  6. ^ Kimber, Marian Wilson (2014). "Various Artists. The Music of William C. Wright: Solo Piano and Vocal Works, 1847–1893. Permelia Records 010225, 2013". Journal of the Society for American Music (мацӀ: английский). 8 (2): 274–276. doi:10.1017/S1752196314000169. ISSN 1752-1963. S2CID 190701799.
  7. ^ McCarter, Robert (1997). Frank Lloyd Wright. Phaidon Press. ISBN 978-0-7148-3148-0.
  8. ^ Wright 2005.
  9. ^ Wright 2005.
  10. ^ Wright 2005.