Элбру́с (къарач.-балкъ. Минги-Тау, кабард.-черк. Iуащхьэмахуэ) — Кавказалъул мугІрузда бугеб стратовулкан[1] (ралъдал гьумералдаса борхалъи 5642 м) — Россиялъул ва Европаялъул (Азиялдаги гьелдаги гьоркьоб гІурхъи Кавказалъул бетІераб баладасан лъуни, гурони, Европаялъул бищун борхатаб тІогьлъун ккола Монблан) бищун борхатаб тІогь. Эльбрус гъорлъе бачун буго дунялалъул бищун рорхатал тІогьазул сияхІалде («Анкьго тІогь»).
Элбрус буго КІудияб Кавказалъул Хьибилаб балада, Кавказалъул бетІераб баладаса 10 километралъ шималияб рахъалдехун, Кабардагин Балкарияялъул ва Карачайгин Черкесияялъул гІорхъода. Элбрус буго вулканалдалъун лъугьараб мугІрул массив, кьучІлъиялъул диаметр буго 15 км, буго мухІканаб кІиго тІогь — Бакъбаккул (5621 м) ва БакътІерхьул (5642 м), гьезда гьоркьоб буго халатаб расалъиккараб бакІ (5416 м). Тгьоркьоб манзил буго 1500 м. Цоколалъул абсолютияб борзхалъи 3200—3800 м[2]. Парсазул гьоркьохъеб гьетІи буго 35°. ТІоцебе Элбрусалъул борхалъи лъазабуна 1813 соналъ академик В. К. Вишневскияс, гьес кьураб къиматалда рекъон, гьеб ккана 5421 м[3].
Элбрусалъул парсаздаса чвахула 23 цІоролмегІер, гьезул гІаммаб гІатІилъи — 134 км². Гьезул бищун кІудтиял руго КІудияб ва ГьитІинаб Азау, Терскол, Кюкюртлю, Ирик. Элбрусалъулал цІоромугІрузул максималияб халалъи буго 6—9 км, гьеб кІиго нухалъ дагьаб буго Кавказалъул бищун кІудияздаса. Ахирисеб 100 соналда жаниб цІоромугІрузул гІатІилъи дагьлъун буго 18 %-алъ, Кубаналъул расалъиялде бачІунеб — на 33 %-алъ. Элбрусалъул цІераз хьихьула Кавказалъул Ставрополлъиялъул бищун кІудияб лъабго гІор: Баксан, Малку ва Кубан.[4]
Элбрусалъул сверухълъиялъул климат гьабула мугІрузул релефалъе сипатаб гьавадул циркуляциялъул асаралдалъун. Сипатаб буго лъикІабги квешабги гьава-бакъалъул цикллъи. Риидал гьеб букІуна 5—7 къоялъ, роол тІоцебесеб бащалъиялда гьава-бакъ букІуна квешаб, кІиабилеб бащалиялде данде ккун. Рии букІуна гьогьомараб, 2000 метраялъул борхалъиялда максималияб температура бахуна +35°С,3000 м — +25°С. Хасалихълъи байбихьула августалъул ахиралда — сентябралъул байбихьуда. 3000 метраялъул ва эххедегІанги хасел байбихьула октябралда. ГІазул гъаталъул гьоркьохъеб бицалъи бахуна 50—80 см-ялде, эххедагІан гьеб дагьабги биццалъула. Жанубиял гъулдузда гІазу букІуна шималияздаса дагьаб. 3000 метраялъул борхалъуда январалъул гьоркьохъеб температура букІуна −12°С, абсолютияб минимум −27°С. Элбрусалда ихх байбихьула маялъул тІоцебесеб декадаялда. 3000 метраялъул борхалъудаса гІазу уна (гІемерисеб риччарал гІунсби гІадин) маялъул ахиралде. Дагьабги эххедегІан хутІизе бегьула гІазу чІчІарал бакІал, гьеб гІаздаца цІоролмугІрул гІезарула, амма 5000 метраялъул борхалъудаса эххедгІан гІазу биунаро гьава-бакъалъул киналгІаги шартІал рукІаниги.[5]
{{cite web}}
: Invalid |url-status=хвараб
(help)Элбрус Викицитатаялда | |
Элбрус Викигъамасалда |
{{cite web}}
: Unknown parameter |deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help)