Кампора-Сан-Джованни

Кампора-Сан-Джованни
Campora San Giovanni
Пачалихъ Италия
Провинция Калабрия
Район Козенца
Координатал 39°04′05″ ш. гӀ. 16°05′38″ бб. х.HGЯO
Расмияб мацІ калабрий
Халкъалъул къадар 7 340 чи (2009)
Динал католицизм
Этнохороним Кампорези (итал. Camporesi)
СагІтил рачел UTC+1, риидал UTC+2
Телефоналъул код 0982
Почалъул индекс 87032
Кампора-Сан-Джованни 2009 с.

Ка́мпора-Сан-Джова́нни (итал. Campora San Giovanni, неап. Campura San Giuvanni,сиц. Campura Santu Janni) — ккола къилабияб Италиялда Калабрия регионалда бугеб шагьар. 2012 соналъ гьабураб халкъалъул рикІкІеналда рекъон, гӀадамазул къадар бахуна 7 340 чиясде. Ракь — 6.2 км².

Кампора-Сан-Джованни буго Тиррен ралъадалъул рагӀалда, гьениб бугеб цо тӀалъиялда тӀад. АскӀор ругел борхалъабазда чагъир гьабизе хьала цӀибил ва батӀи-батӀиял нахулал культураби. Гьанисан панарома байбихьула Ламеция-Терме заливалдасан роцӀцӀарал къояца жиндир кӀкӀуй гьенисан бихьулеб Стромболи вулканалде швезегӀан. Кампораялъул порталдасан ралъдал бухьен буго Эолий чӀинкӀилъиялда швезегӀан.

  1. перенаправление Шаблон:БакӀалъул климат


Экономикаялъ туризмалда ва рекьариялда мугъ чІвай гьабула.

Стромболи вулкан бихьулеб буго Кампора-Сан-Джованниялъул заливалдасан

Округалда гьединго буго ралъдал курорт. Туризм цебетӀеялъе кӀудияб роль хӀала 2003 соналъ бараб порталъ, Липар чӀинкӀилъабазухъ унеб нух жинца бигьа гьабулеб.

Дарам-базаралъе кӀудияб кумек гьабула шоссе SS18, маххулнухлул гӀаркьел, халкъаздагьоркьосеб Ламеция-Терме аэропортгун тӀубараб округалъулго бухьен гьабулеб АЗ автострада гӀадинал транспортиял коммуникацияби рукӀиялъ.

Кампора-Сан-Джованни шагьаралъул сверухълъиялда руго гьал хадур рехсарал росаби:

  • Аугурато
  • Каррателли
  • Колоньй
  • Козза
  • Куккувалья
  • Фравитте
  • Галло (къилабияб бутӀа)
  • Имбелли
  • Марано
  • Маринелла
  • Мирабелли
  • Олива
  • Пиана Кавалло
  • Пиана Маурй
  • Принципесса
  • Рибес
  • Рубано
  • Стрйттуьрй
  • Вилланова

Античнияб заманалъ Кампораялъул ракьалда букӀун буго ТӀадегӀанаб Грециялъул кӀиго шагьар:

  • Темеза (яги Темпса) — Къилабияб Италиялда авсониязул бищунго некӀсияб шагьар, хадуб жиб румалъул калониялъун лъугӀараб[1].
  • Клете.

Гьеб кӀиябго цоцалалгун тушманлъи гьабулеб шагьар пиратаца биххизабуна.ГӀадамал магӀарде лъутана. Хаду гьеб шагьар лъагьана тӀаде рачӀарал финикийцазул, греказул, румазул, варваразул, гӀарабазул, византийцазул ва норманназул коллониялъун.

Corso Italia, бакьулъ бугеб кватӀ.

Гьанжесалаб заманалда экономикаялда тӀоцебесеб бакӀ ккола ах-хуралъ ва туризмалъ.

Мукъ. Апостол Петрил цӀияб килисаялда ина бугеб инагурация, 12 июн 2010 сон.
Funtana du Peshcaru (ЯсикӀабазул ицц) Аугуратоялда
Piazza San Francesco di Paola 2010 соналъул Рождествоялда.

XIV гӀасруялъул борхатаб си буго цохӀого-цо бугеб некӀсияб бакӀ. Гьелъие цӀарги швана бакӀалъулаб мацӀалда U Turriune-абун («кӀудияб си»). Цо дагьаб цебе бана порт (2002) ва мукъадасав Паолоса Францискасул цӀаралда бугеб площад. ГӀемерисал бертаби,гӀидал гьенир гьарула, аскӀор ругел росабаздасан гӀадамалги рачӀуна гьенир.

Кампора-Сан-Джованниялда гӀемер букӀунеб карнавал. 2012 с.
Аугуратоялда бугеб Санта-Филомена килиса

Калабриязул богогьанлъи

[хисизабизе | код хисизабизе]

БакӀалъулаб богогьанлъиялда жаниб уна пер-хералъул ва ччугӀаялъул квен, гьединго гӀатӀалъул кондитерлъиялъулаб тӀагӀам, болъоналъул гьанил сосискабиги.

Шагьаралда гьарулел чагъираздасан ккола Savuto ва Gallo тайпаби.

Кампораялда гьарурал

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • Анджело Вадаччино, (1890—1976), партизан, крестьянин ва сиясатияв активист, кампорессаца гьесда «Мастер Анджело»-абун цӀар лъуна.
  • Фабриццио Филиппо, канадагун-американияв актёр ва сценарист.
  • Фабиан Маззай, аргентинагун-испанияв актёр ва сценарист.
  • Джером Руджеро, итальянияв модельер, машгьурав бихьиназул ретӀелалъул устар.
  1. ^ "Темеза" (in русский). Реальный словарь классических древностей. Архивация оригинал (2012-03-18). Щвей 2011-02-17.


тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.