Турциялъул ТІадегІанаб Миллияб Мажлис тур. Türkiye Büyük Millet Meclisi | |||||
| |||||
Парламенталъул система | цопалатаялъул | ||||
---|---|---|---|---|---|
спикер | Йылмаз, Исмет | ||||
--- вищана | 1 июль 2015 сон | ||||
Депутатал | 550 | ||||
ГІуцІараб сон | 23 апрель 1920 | ||||
Ахирисел рищиял | 2015 | ||||
Веб-сайт | Официалияб сайт |
Турциялъул тІадегІанаб миллияб мажлис (тур. Türkiye Büyük Millet Meclisi — TТІMM) — Туркия Жумгьурияталъул тӀадегӀанаб цопалатаялъул къанунал рахъулеб гІуцІи (парламент), гӀемерисеб махалда гӀицӀго межлис -ан абунги тола (тур. Meclis). Гьеб гӀуцӀана 1920 соналъул 23 апрелалъ тахшагьар Анкараялда греказулгун-турказул рагъул заманаялъ.
Турциялъул тІадегІанаб миллияб мажлис данде бакӀарун букӀана 1920 соналъул апрель моцӀалда Туркциялъул конституция къабул гьабиялъул мурадалда, кинго гьеб къабул гьабичӀо 1921 соналъул январь моцӀалда гурого.
Парламенталъул 550 депутат вищула ункъго сонил болжалие гӀаммал рищияздалъун партиялъул сияхӀалда данде кколеб куцалда 85 рищиязул округазда.
Халкъалъул рикӀкӀен цӀикӀкӀун букӀиналъ Истамбулалъе бихьизабун буго 3 рищиялъул округ, амма Анкараялъе ва Измиралъе — кӀи-кӀи округал.
Турциялъул парламенталда рачӀине изну кьоларо рищиязда 10 % цӀикӀкӀун гьаркьал росарал партиязе гурого.
Жакъа къоялда жаниб Турциялъул парламенталъул спикерлъун вуго Исмет Йылмаз, 2015 соналъул 1 июлалъ жив вищарав.
Партия | ХӀасилал | ||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
Аббревиатураби | ЦӀар | Цевехъан | Гьаркьал | % | 2007-елда данде ккун хиси | БакӀал | 2007-елда данде ккун хиси | ||
AK Parti | РитІухълъиялъул ва цебетІеялъул партия | Эрдогъан, Ражаб ТІайип | 21,399,082 | 49.83 | ▲3.25 | 327 | ▼14 | ||
CHP | Республикаялъул халкъияб партия | Кылычдарогълу, Кемал | 11,155,972 | 25.98 | ▲5.10 | 135 | ▲23 | ||
MHP | Миллияб хІаракаталъул партия | Бахчели, Девлет | 5,585,513 | 13.01 | ▼1.30 | 53 | ▼18 | ||
- | Лъидаго рачӀел | - | 2,819,917 | 6.57 | ▲1.33 | 35 | ▲8 |