АхӀмад Давудогълу

АхІмад Давудогълу
тур. Ahmet Davutoğlu
АхІмад Давудогълу
Байрахъ
Байрахъ
Турциялъул премьер-министр
 28 август 2014 сон
Президент: Ражаб ТIайип Эрдогъан
Цеве вукІарав: Ражаб ТIайип Эрдогъан
Байрахъ
Байрахъ
Турциялъул къватІисел ишазул министр
1 май 2009 соналъул — 28 август 2014 соналъул
ХІукуматалъул бетІер: Ражаб ТIайип Эрдогъан
Президент: АхІмад Сезер
ГІабдуллагь Гюл
Цеве вукІарав: ГІали Бабажан
Хадув вачІарав: Мевлют Чавушоглу
 
ВатІанчилъи: Халип:Флаг / Турция, Халип:Флаг / Малайзия
Дин: Ислам, сунияб мазгьабалъул
Гьави: 26.2.1959
Ташкент, Кония, Турция
Эмен: АхІмет Эрдогъан
Лъади: йиго
Лъимал: руго
Миллат: туркав
Партия: РитІухълъиялъул ва ЦебетІеялъул Партия
Хъулухъ: Сиясатчи
 
Сайт: Ahmet Davutoğlu
 
Гъулбас: Гъулбас

АхІмад Давудогълу (тур. Ahmet Davutoğlu; гь. 26 февралалъ 1959, Кония, Турция) — турциялъул пачалихъияв ва политикияв цевехъан. БетІерлъи гьабулеб РитІухълъиялъул ва цебетІеялъул партиялъул цевехъан 2014 соналъул 21 августалдасан байбихьун. Турциялъул премьер-министр 2014 соналъул 28 августалдасан байбихьун.

Гьавуна 1959 соналъул 26 февралалъ Кония илалъул Ташкент мухъалда (Турция).

Гьоркьохъеб лъай щвана Истамбулалъул бихьиназул лицеялда. 1983-84 цІалул соназда лъугІизабуна Босфорил университет (Истамбул) кІиго рахъалъул лъайгун: «Экономика» ва «Политология ва халкъаздагьоркьосел бухьенал». Вузалда цІали цебе бачунаго, магистрасул даражаялде вахана, «Пачалихъияб цебе бачин»-алъул рахъалъ ва докторасул даража щвана «Политология ва халкъаздагьоркьосел бухьеназул» рахъалъ.

1990 соналъ мугІалимасул хъулухъ тІубазе лъугьана Малайзиялъул Халкъаздагьоркьосеб Исламияб Университеталде. Гьениб рагьана политологиялъул кафедра, 1993 соналде щвезегІан жинцаго бетІерлъи гьабураб.

1993 соналъ доцентасул цІаралъе мустахІикълъана. 1995 - 1999 соналде щвезегІана Мармара Университеталда халкъаздагьоркьосел бухьеназул кафедраялда хІалтІана.

19982002 сс. ахІун вачІарав мугІалимасул хІисабалда лекциял цІалана Турциялъул ЯргъидагІуцІарал къуватазул Академиялда ва цогидал рагъул академиязда.

19992004 сс. хІалтІана Бейкент Университеталъул профессорасул хъулухъалда, идараялъул шураялда гІахьаллъи гьабуна, гІалимзабазул шураялда вукІана, халкъаздагьоркьосел бухьеназул кафедраялъе бетІерлъи гьабуна, ахІун вачІарав мугІалимасул хІисабалда лекциязул курс цалана Мармара Университеталда.

2003 соналъул 18 январалъ Турциялъул президент АхІмад Неждетил ва премьер-министр ГІабдуллагь Гюлил хІукмоялдалъун АхІмад Давудогълуе кьун букІана ГІадаталдаса борчІараб ва Ихтияразул вакиласул даража.

2009 соналъул 1 маялъ гьев лъуна Турциялъул къватІисел ишазул министрасул хъулухъалда, ва гьеб цебе бачана 2014 соналъул 28 августалде щвезегІан.

2014 соналъул 21 августалъ гьев вищана бетІерлъи гьабулеб РитІухълъиялъул ва цебетІеялъул партиялъул цевехъанлъун[1], ва 2014 соналъул 28 августалъ вихьизавуна Турциялъул премьер-министрасул ишал тІубалевлъун[2]. Хадусеб къоялъ киналго рекъон Турциялъул парламенталда божилъи щвана. 2015 соналъул 9 июналъ премьерасул хъулухъалдаса нахъе ине бокьи лъазабун кагъат хъвана[3]. 2015 соналъул 28 августалъ РитІухълъиялъул ва цебетІеялъул партиялъул 13 министрасдасан ва батІиял партиязул 13 министрасдасан гІуцІана заманаялъулаб хІукумат, 2015 соналъул ахиралда рищиял лъугІизегІан пачалихъ цебе бачне букІине.

АхІмад Давудогълул хІукуматалъул гІуцІи

[хисизабизе | код хисизабизе]
Хъулухъ Сиясатчиясда цІар Хъулухъалде вачІараб заман Хъулухъ лъугІизе тараб заман
Премьер-министр АхІмад Давудогълу 28 август 2014
Премьер-министрасул информалатазул ва гІелмабазул вакил Бюлент Арынч 1 май 2009 9 июнь 2015
Премьер-министрасул диниял ишазул ва тІолабго турк халкъазул ишазул вакил Нуман Куртулмуш 29 август 2014 9 июнь 2015
Премьер-министрасул экономикаялъул ва финансазул вакил ГІали Бабакан 28 август 2007 9 июнь 2015
Премьер-министрасул терроралда дандечІеялъул суалазул, инсанасул ихтиярал цІуниялъул ва Кипралъул суалазул вакил Ялчин Акдоган 29 август 2014 9 июнь 2015
КъватІисел ишазул министр Мевлют Чавушогълу 29 август 2014 9 июнь 2015
Жанисел ишазул министр Эфкан Ала 25 декабрь 2013 7 март 2015 Себахаттин Озтюрк 7 март 2015 9 июнь 2015
Финансазул министр МехІмет Шимшек 1 май 2009 9 июнь 2015
ГІадлугьабиялъул министр Бекир Боздаг 26 декабрь 2013 7 март 2015 Кенан Ипек 7 март 2015 9 июнь 2015
Энергетикаялъул ва тІабигІиял сурсатазул министр Танер Йылдыз 1 май 2009 9 июнь 2015
Росдал магІишаталъул министр МехІмет Мехди Экер 29 август 2014 9 июнь 2015
Маданияталъул ва туризмаялъул министр Эмер Челик 24 январь 2013 9 июнь 2015
Сахлъи цІуниялъул министр МехІмет Меззиногълу 24 январь 2013 9 июнь 2015
Миллияб лъайкьеялъул министр Наби Авки 24 январь 2013 9 июнь 2015
Миллияб тущман нахъекьабиялъул министр Исмет Йылмаз 6 июль 2011 9 июнь 2015
ГІелмабазул, касбоялъул ва технологиязул министр Фикри Изык 25 декабрь 2013 9 июнь 2015
ЗахІматалъул ва жамгІияб цІуниялъул министр Фарук Челик 29 август 2014 9 июнь 2015
Транспорталъул, ралъадазул ва коммуникациязул министр Лютфи Эльван 26 декабрь 2013 7 март 2015 Феридун Бельчин 7 март 2015 9 июнь 2015
ЖамгІияб сиясаталъул ва хъизаналъул ишазул министр Айшенур Ислам 26 декабрь 2013 9 июнь 2015
Европаялъул цолъиялъул ишазул министр Волкан Бозкир 29 август 2014 9 июнь 2015
Экономикаялъул министр Нихат Зейбекчи 25 декабрь 2013 9 июнь 2015
ГІолилазул ва спорталъул министр Акиф Чагатай Килич 25 декабрь 2013 9 июнь 2015
ЦебетІеялъул министр Жевдет Йылмаз 6 июль 2011 9 июнь 2015
Таможнялъул ва бича-хисиялъул министр Нуреттин Каникли 29 август 2014 9 июнь 2015
Сверухъ мухъалъул ва шагьаралъул планал чІезабиялъул министр Идрис Гюллюсе 25 декабрь 2013 9 июнь 2015
Рохьил ва лъел ишазул министр Вейсел Эроглу 29 август 2007 9 июнь 2015

[4][5]

2014 соналдасан бахъун АхІмад Давудогълул хІукуматалъул сиясат

[хисизабизе | код хисизабизе]